Перейти к содержанию

Ункъо ахлатӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ункъо ахлатӀ

Ункъо ахлатӀ (тур. ahlat-ı erbaa) ГӀарабазул, таджиказул, индиялъул тӀиб гӀелмуялдалъун унти чӀезабизе ва дару хӀалтӀизабиялъе руго жиндирго хаслъаби. Гьез тӀабигӀаталъул ункъго батӀияб хӀал: гьава, лъим, цӀа ва ракь хал гьабун гьелда релълъинарула инсанасул чорхолъ рукӀунел тӀабигӀатал (хӀалал). Аварагас абуна: Аллагьас инсанасул чорхолъ лъун буго ункъго жо: лъим, хӀарщ, цӀа ва гьури. Гьелда релълъун инсанасул чорхолъги руго ункъго ахлатӀал (материя) жубаял.

1. Биялъулаб хилтӀ – жубай релълъинабун буго гьаваялда ва гьелда рекъон гьелъул тӀабигӀат бухӀараб ва биччараб буго. Инсанасулъ гьеб чӀолеб бакӀги – тӀул буго.
2. Лимфа (бидул цо бутӀа, хъахӀаб, лъамияб би къотӀун хадуб къватӀиб бачӀунеб жо) – балгъам – слизь, риччел – релълъинабун буго лъеда ва лъел гӀадаб биччараб ва цӀорораб тӀабигӀат буго. Инсанасулъ гьеб чӀолеб бакӀги гьуърул руго.
3. Сафраъ – ццим (желчь). Гьеб релълъинабун буго цӀаялда ва цӀаялъулго гӀадин бухӀи ва бакъвай гьелъул тӀабигӀат буго. Гьеб чӀолеб бакӀги инсанасулъ ццим буго.
4. Савдаъ – чӀегӀераб ццималъул жубай. Гьеб релълъинабун буго ракьалда. Ракьалъул гӀадинаб цӀорораб ва бакъвараб тӀабигӀат буго. Гьеб чӀолеб бакӀги чорхолъ къерчӀ буго.

Гьал ункъалго ахлатӀал щивав чиясулъ батӀа-батӀаго рукӀуна, ай киналго цадахъ гурел, щивасулъ цо хилтӀ – жубай букӀуна. Гьездалъун буго инсанасул чорхол унтиги, гьелда рекъон гьабула гьесие даруги. Гьел ахлатӀазул кинаб чорхолъ цӀикӀкӀун батаниги, гьелда рекъон букӀуна инсанасул мизадж (натура, темперамент). Инсанасулъ гьел тӀабигӀиял темпераментал ращадго ккун рукӀунаро, цоясулъ бухӀи цӀикӀкӀуна, цоясулъ цӀорой биччи ва бакъвайгун цадахъ цӀикӀкӀуна. Гьединлъидал гӀалимзабаца бихьизабулеб буго щуго батӀияб тӀабигӀат-хасият (темперамент).

1. Бидулаб – дамавияб мизаж буго. Гьелъул тӀабигӀат бухӀи ва биччи гӀемерлъарав чиясулъ букӀунеб хасият буго. Гьесде абула сангвиник (латиназул мацӀалдасангвис – би). Гьеб тӀабигӀаталъул гӀадамазе хасиятаб буго чӀагоял, гӀемер рагъа-рачаризе бокьулел, рохарал, цо жоялде жал руссарал, пагьму гьоркьохъев, черх гӀебав, макьу дагьав.
2. Лимфа (балгъамияб) реччелалъулаб тӀабигӀат буго. Гьевги чорхолъ риччел гӀемерав, цӀорой бугев, бухӀиги бакъвайги дагьав вуго. Гьесде абула флегматик (греказул мацӀалдафлегма – слизь, риччел). Гьел рукӀуна гӀодор риччарал, хӀинцал, черх гӀебал, тӀатӀи гӀемерал, чорхолъ риччел гӀемерал, макьу гӀемерал, кӀухӀалал, пагьму бакӀал, вагъа-вачари дагьал, кӀочон тей гӀемерал.
3. Сафравияб мизаж – ццималъулаб мизаж буго. Гьебги жиндилъ бухӀи ва бакъвай бугеб тӀабигӀат буго, гьесулъ биччи цӀоройги дагьаб букӀуна. Гьесде абула холерик (холе – жёлчь, ццим). Гьев вукӀуна хехав, хехго ццим бахъунев, цӀа гӀадав, цевехъанлъи бокьулев, бахӀарчияв, пагьму лебалав, черх хӀалакъав, макьу дагьав.
4. Савдавияб – чӀегӀераб ццим – ракьулаб тӀабигӀат – цӀорой ва бакъвай. Гьеб тӀабигӀат бугев чиясде абула меланхолик (чӀегӀераб ццим). Гьесул тӀабигӀатал: черх тӀеренхалатав, кьер тӀогьилав, макьу дагьав, хӀалтӀи гӀемерав, пашманав, ихтилат-разилъи дагьав вукӀуна.
5. Гьоркьохъеб мизаж буго – гьел ункъго тӀабигӀатал жиндир чорхолъ дагь-дагьаб къадаралъ бугев (уравновешенный тип).

Гьесул гӀаламат: пагьму бугев, киналго амрабазулъ гьоркьохъеб хӀалалда вукӀунев, тӀабигӀат лъикӀав вукӀуна.

Гьелда рекъон гьабула унтарасе даруги. Щибаб чӀахӀ-хералъул, кванил нигӀматазулги букӀуна жиндиего хасаб тӀабигӀат. Гьеб тӀабигӀаталъул халги гьабун дару малъизе лъазе ккола тохтурасда. Масала: чорхолъ бухӀи цӀикӀкӀарав чиясе кьезе ккола цӀорораб тӀабигӀат бугел дараби, гӀаксалда бегьуларо, гьелъ къаркъала дагьабги бухӀизабула ва унти цӀикӀкӀинабула, ай гӀаксалда гьабула. Риччел ва цӀороялдалъун ккараб унтуе бухӀараб ва бакъвараб тӀабигӀат бугеб дару, чӀахӀ-хер ва пихъ кьола гьелда релълъун. [1]

  1. ^ "МухӀаммад-хӀажи ГӀабдурахӀманов, ГӀарабазул тӀиб гӀелмуялъул цо-цо хаслъаби" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2011-02-26. Щвей 2011-02-26.