Перейти к содержанию

ТӀелекьа Этил ГӀали

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТӀелекьа Этил ГӀали

ТӀелекьа Этил ГӀали (1850—1930)

ГӀали гьавун вуго ТӀелекь росулӀ мискинаб .хъизаналда. ГьитӀинго дагьа-макъаб цӀалиги гьабун, балугълъуда гьесул вахъун вуго лъикӀав къадал устар. Минаби разе росабалъе хьвадун, бетӀербахъи гьабулеб букӀун буго. Гьесул букӀун буго цӀакь берцинаб, роцӀараб гьаракь-бакъан. Жергъен кӀутӀун, кечӀ ахӀизе ГӀалилъе вахарав чи доб заманалъ магӀарухъ вукӀун гьечӀо. Хадуб ГӀали машгьурлъун вуго пасихӀав поэт хӀисабалдаги. Жеги шагӀирасул асаразул хасаб тӀехь бахъун гьечӀо. Аваразул революциялда цебесеб адабияталда жаниб Этил ГӀалицаги хасаб бакӀ ккола. [1]


  1. ↑ "Archive copy". Архивация оригинал, 2011-03-14. Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)CS1 maint: archived copy as title (link)