Перейти к содержанию

ТӀахьалхана

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Машгьураб БритӀаниялъул музеялъул цӀалдолеб зал (рагьана 1857 соналъул авалалда)

ТӀахьалхана (грек. βιβλιοθήκη / bibliothēkē, бачӀана гьал рагӀабаздасан: βιβλίον / biblíon «тӀехь» ва θήκη / thēkē «цӀунулеб бакӀ») ккола — жинда жаниб зарбуялда рахъарал ва квералъ хъварал тӀахьал ракӀарулеб ва цӀунулеб идара, гӀаммаб куцалда жинда жаниб бугелдасан мукагӀат босизе рес бугеб. НилӀер заманаялда цӀикӀкӀун машгьурлъулел руго тӀахьал гурелги аудиокассетаби, видеокассетаби ва электрониял тӀадраччал (CD-ROM, DVD-ROM) цӀунулел тӀахьалханабазул фондалги.

Франсиялъул Алансоналда бугеб икълимияб тӀахьалхана, бана 1800 соналъ

ТӀахьалханаби рукӀуна:

  • Пачалихъиял
  • Муниципалиял
  • Хасал
  • Хъизаналъулал
  • ЦӀалул

ва гь. ц.

Универсалиял тӀахьалханабазул социалиял тайпаби:

  • ГӀаммаб
  • Беццазе
  • Лъималазул
  • ГӀолилазул
  • Вузалъулаб
  • Академикияб
  • Хасал хъулухъазул
  • ва цогидал

Хасал хъулухъазул тӀахьалханаби рукӀуна:

  • Медицинаялъул
  • Росдал магӀишаталъул
  • Техникаялъул
  • Художествоялъул
  • ва цогидал