ТаравихӀазул как
ТаравихӀазул как (гӀараб мацӀалда تراويح) ккола муаккадал, ай тӀадчӀун гьаризе кколел суннатал каказул цояблъун. Гьеб бала рамазан моцӀалъ. Гьелъул гӀуж щола боголил как бан хадуса, халат бахъула хъахӀлъи биччазегӀан. Гьелъул тӀаса бищараб гӀуж байбихьула сардил ункъо бутӀа гьабун цо бутӀа аралдаса. Хасго хирияб буго, кьижун хадув тӀадеги вахъун, бараб.
Амма киса-кибего гӀадат билълъун буго, боголил как бан лӀугӀарабго, ратибатги бан таравихӀ базе байбихьулеб. НилӀер Дагъистаналда таравихӀазул какил микьго ракагӀат бан тола, амма киналго тӀахьазда гьелъул базе бихьизабураб къадар къого ракагӀат буго. Цогидал исламиял хӀукуматаздаги къого ракагӀат бала. ЛъикӀ букӀинаан нилӀер Дагъистаналдаги гьедин гьабунани. Мажгиталда жамагӀаталъ гӀицӀго микьго ракагӀат бан толеб бугони, гьелгун микьго ракагӀат бала, хутӀараб анцӀила кӀиго ракагӀат рокъове щвараб мехалъ бала, хасго лъикӀаб буго кьижун хадуса радакь тӀадеги вахъун тӀубазабуни. Ахиралде витруги ккезабила. Витруги Рамазан моцӀалъ, жинца жиндиего баралдаса жамагӀатгун бараб хирияб буго, мажгиталда бани, гьеб дагьабги лъикӀаб буго. [1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2011-05-01. Щвей 2011-05-01.
{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)