СагӀид Ордашов

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
СагIид Ордашов» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
СагӀид Ордашов

Ордашов СагӀид МухӀамадович (гьав. 1963 аб. соналъул 20 аб. маялда, Гумбет район, ИчичӀали) — авар шагӀир.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Ордашов СагӀид МухӀамадович — (гьав. 1963 аб. соналъул 20 аб. маялда Гумбет районалъул ИчичӀали росулъ) учителасул хъизаналда. Щуго вас ва цо яс рукӀараб хъизаналда, гьев вукӀана бищун кӀудияв[1].

1972 аб. соналъ росдал байбихьул школаги лъугӀизабун хадув, ункъабилеб ва щуабилеб классазда цӀалана мадугьалихъ бугеб Болъихъ районалъул КӀижани росдал 8 сонилаб школалда.

1974 аб. соналъул ноябрьалда мугӀрузул росабалъ ккараб ракьбагъариялъулаб хӀасилалда анлъабилеб классалде цӀализе витӀана Хасавюрт районалъул Аксай росдал гьоркьохъеб школа-интернаталде[2].

1977 аб. соналъ Аксаялда 8 го классги лъугӀизабун 9 аб. классалда цӀалана Гумбет районалъул МелъелтӀа росдал гьоркьохъеб школалда ва 10 аб. классалда цӀализе тӀадвуссана Аксаялде. 1979 аб. соналъ Аксаялъул гьоркьохъеб школаги лъугӀизабун цӀализе лъугьана ва багӀараб дипломалда.

1981 аб. соналъ МахӀачхъалаялда лъугӀизабуна техническое училищеги. Гьелдаса хадуб хӀалтӀизе лъугьана МахӀачхъалаялъул ХӀажиевасул цӀаралда бугеб заводалде слесарь-ремонтниклъун.

1982 - 84 аб. Соназ Советияб Армиялда рагъулаб хъулухъги тӀобан тӀадвуссана ва хӀалтӀизе лъугьана ИчичӀали росдал библиотекаялъул заведующийлъун. Гьебго заманалда цадахъго вукӀана росдал советалъул депутатлъун ва советалъул председателасул зам.лъунги. Гьеб гуребги СагӀидил буго пахьул устӀарлъиялъул махщелги. Гьес гьарулаан батӀи-батӀиял формабазул гӀертӀал ва гулгунал[3].

1988-аб. соналъ СагӀидица хъизан гьабуна ва гӀумру гьабизе вахъана Хасавюрт районалъул цӀияб ИчичӀали росулъе. СагӀидица кучӀдул хъвазе байбихьана армиялда вугеб мехалъго, гьев вукӀана СКВО ялъул "Красное знамя" газеталъул внештатный корреспондентлъунги, газеталде рахъулаан гӀурус мацӀалда хъварал кучӀ дул ва макъалаби.

Рахъана СагӀидил батӀи-батӀиял соназ хъварал кучӀдул батӀи-батӀиял газетазде ва "Гьудуллъи" журналалде. ГьабсагӀаталда СагӀидица гӀумру гьабулеб буго Хасавюрт районалъул цӀияб ИчичӀали росулъ. Гьесул вуго кӀиго васги, кӀиго васасул васги.

СагӀидил хӀакъалъулъ абуни, гьев гуро адабияталде гьанже вачӀарав чи. Гьев вуго школалда цӀалулеб заманалдаго кучӀдулги макъалабиги газет-журналазда рахъарав, адабияталъулгун гьудуллъи ккурав, гӀакъилаб каламалъул, камилаб пикруялъул, цӀаралдаги яхӀалдаги хӀур хъвазе течӀев, гӀадамазде бугеб рокьуца керен цӀурав чи[4].

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]