Релъак
Релъа́к – цIвакмагIарзулал дергелабазул жинс, бищунго тIиритIарал милъкверзулазул жинсазул цояб, женделI 110-гIсб. артIал ругел. Гьазул бакIлъи гIемерисеб бащалъула 2,5–45 г, чорхол халалъи – 35–100 мм, магъил халалъи – 28–65 мм, цебескIигъеж – 28–70 мм, молърол хьвагI – 23–45 см; цIуял гIадатго чIахIа рукIуна бихьинал жалаздаса.
Сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]ГIадагIо букIуна эхедецIараб, гIундул рукIине бегьула батIи-батIиял халалъул, къокъаздаса байбихьун гIезагIанго чIахIиязде щвезегIан (масала, гIинхалатаб релъакил). ЦIоко букIуна халатаб ги керчаб. ЦIакил релъ букIуна лахIчIегIераб, салукьераб яги канчIбагIараб, расал яги кIи-, яги лъакьерал. ЧохьотIа рас гIадатго канчI букIуна мугъзада бугелдаса. 44 хромосомги.
ТIиритIел
[хисизабизе | код хисизабизе]ТIолракьулаб, поларухъал ракьал хутIизегIан.
АртIал
[хисизабизе | код хисизабизе]Россиядул фауналда ги гьелъул гIорхъохъел ракьаздаги – 19 артI:
Myotis myotis – КIудияб релъак
Myotis blythii – ГIинбегIераб релъак
Myotis bechsteini – ГIинхалатаб релъак
Myotis nattereri – Наттерерил релъак
Myotis tschuliensis – Копет-дагисеб релъак
Myotis schaubi – Аракисеб релъак
Myotis bombinus – Амурисеб релъак
Myotis buchariensis – Бухарисеб релъак
Myotis frater – РачIчIхалатаб релъак
Myotis brandtii – Брандтил релъак
Myotis sibiricus – Сибиралдаса релъак
Myotis ikonnikovi – Иконниковасул релъак
Myotis mystacinus – Михъитаб релъак
Myotis davidii – Степазулаб релъак (гъорлIе M. nipalensis, M. aurascens ги, букIинги бегьула, Myotis hajastanicus – ЦIамухъалдаса релъак)
Myotis petax – Бакъбаккул релъак
Myotis daubentonii – Лъадал релъак
Myotis macrodactylus – ЧахIаквачIазулаб релъак
Myotis capaccini – Килищхалатаб релъак
Myotis dasycneme – ХIорилаб релъак
СубартI Myotis – чIахIиял релъакал
[хисизабизе | код хисизабизе]Myotis blythii – ГIинбегIераб релъак
Myotis chinensis – Гъоркькитаялдаса релъак
Myotis myotis – КIудияб релъак
Myotis pinicus
Myotis zenatius – Мароккалдаса релъак
Myotis escalerai – Иберияб релъак
Myotis pequinius – Пекиналдаса релъак