РагъухъанмахIаб раса

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

РагъухъанмахIаб раса (инг. Martial Race) — терминология, Британ Индиялда колонизатораз официалияб кӀагӀидалъ хӀалтӀизабулеб рукӀарал. Гьеб терминологиялда рекъон, цоцазда релълъинчIел Индиялъул этносал рукӀана бикьун кӀиго категориялда: «рагъухъанмахӀаб» ва «рагъухъанмахIечIеб». XIX гӀасруялда, термин «раса» рекъон букӀана гьанжесеб терминалда «этнос».

Критериял[хисизабизе | код хисизабизе]

Индия бахъулебгIанасеб мехалъ британиялъул офицеразда бичIчIана цо-цо регионал рахъизе бигьа бугеб куц, цогидал – захIматго. Колонизаторазе гъира бачIана гьеб батIалъи бичIчIизабизе Индиялъул халкъазул гIермерлъияб бикьиялъ «рагъухъанмахIал» ругел ва «рагухъанмахIал» гьечIел, росдал магӀишаталде яги чан гьабиялде цӀай букӀиналда, мугӀрузда яги лъаргӀазда бетӀерахъуда ва цогидал факторазул асаралда бан. «РагъухъанмахIал расазул» теорияца пикру гьабулеб букIана лъикIаб рагъухъанасул качестваби рателалда кьолеб, цинги Индиялъул чагIи, цо-цо гьоркьосабахъи тун, лъикIал рагъухъабал рукIизе кIаларо.

Индиялъул этносазул сияхI, британаз чIван къотIун чIезабураб «рагъухъанмахIал расаби»[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Аванал (инг.)авар. ( заминдаразул исламияб каста, букIине бегьула, гIараб рижиялъул)
  • Бхумихарал
  • Гакхарал (квешго рагъухъамахIаб феодалияб клан, гьанжесеб Пакистан территоялда)
  • Гархвалал
  • Гуджарал
  • Гуркхи
  • Гхуманал (раджпутазул ва джатазул клан)
  • Джатал
  • Джанджуа (инг.)авар. (рагъухъанмахIаб раджпутазул клан)
  • Догра
  • Каймкхани (раджпутазул исламияб каста)
  • Камбоджи
  • Кодава (гурги)
  • Кокхар
  • Махарал (Махараштра штаталда къадру бугеб каста)
  • Мина (инг.)авар.
  • Наирал (каста, Керала штаталда бугеб) — восстания ккараб мехалъ, сияхIдасан гьоркъоса рахъун руго)
  • Пуштунал
  • Раджпутал
  • Сайни (инг.)авар.
  • Сикхи
  • Тхевар
  • Ядав

Гьанжесеб хIалтIизаби[хисизабизе | код хисизабизе]