Перейти к содержанию

Мулла МухӀаммад ГӀумар

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Мулла МухІаммад ГІумар» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан

Файл:Mullah Omar (page 6 crop).jpg

МухӀаммад ГӀумар, гьединго машгьурав вуго Мулла ГӀумар абунги (пушту ملا محمد عمر‎; гь. 1962 соналъ[1] яги 1959 соналъ[2] — хв. 23 апрелалъ 2013 соналъул[3][4]) — ТӀалибан хӀаракаталъе кьучӀ лъурав, Исламияб Имарат Афгъанистаналъул амир.

ЧӀван-къотӀараб гьавураб къо-моцӀ лъалеб гьечӀо. Миллат - пуштун, Хотаки тухумалъул чи[5]. Гьавуна Къандагьаралъул Нодех абулеб бакӀалда[2]), мискинаб векьарухъанасул хъизамалда. БакӀалъулаб мадрасаялда байбихьул шаригӀаталъул лъай щварав гьев, эмен хун хадуб росдал дибирлъун вукӀана.

1970-ел оназул бакьулӀ МухӀаммад ГӀумар вачӀана кӀиго анкьалъ халат бахъун чӀей гьабиялъул мурадгун Пакистаналде[6], ва гьениб бугеб ХӀакъкъания абураб Пешаваралда аскӀоб бугеб мадрасаялда диниял гӀелмабазул курсазда гӀахьаллъи гьабуна[6] (цоги хӀужабазда рекъон, — Кветта шагьаралъул динияб школалда[7]). 1979 соналдаса бахъун жигарчияб гӀахьаллъи гьабуна гьеб мехалъ советазулгун байбихьараб рагъулӀ ва гьезул низамалъул рахъ ккурал Кабулалда рукӀарал хиянат чагӀазулгунги: мужагьидазда гъорлӀе лӀугьана.

Советиял рагъул къуватал нахъе ун хадуб, 1989 соналъ мулла ГӀумар лӀугьана жинцаго кьучӀ лъураб[5] мажгиталъул имамлъун, Къандагьаралъул бакътӀерхьуда бугеб Майванд икълималъул[6] Сангсар росулӀ[5].

Гьев вукӀана Афгъанистаналъул бетӀерлъун (Исламияб Имараталъул заманаялда) 1996 - 2001 сс. Жиндир хӀукмуялда вугеб гӀанасеб заманаялъ МухӀаммад ГӀумар, гьеб заманаялъ Афгъанистаналъул официалияб гуреблъун букӀараб тахшагьар Къандагьаралда букӀараб резиденция бахун цӀакъ къанагӀат гурони къватӀиве унев вукӀинчӀо; Кабулалде гьев ваккана гӀицӀго ункъго нухалъ[1].

11 сентябралъул лӀугьа-бахъиназдаса хадуб НАТОялъул къуватаз Афгъанистаналда гьабураб рагъул хӀасилалда ТӀалибаназул хӀукумат биххизабуна, ва мулла ГӀумар вахчана. Гьелдаса хадуб лъабго моцӀалъ халат бахъун батӀи-батӀиял баянал кьолел рукӀана рагъул экспертаз, сиясатчагӀаз ва газет-журналазул мухбирзабаз, киве ва кинаб хӀалалда Афгъанистаналъул бетӀер ун ватизе бегьулеван. 2002 соналъул январалда Пакистаналда «Newsweek» изданиялъул мухбирас интервью босана мулла ГӀумарил вукӀарав шопера Кари Сахебихъ ва гьес бицана кинаб куцалда ТӀалибазул бетӀер гьеб мухъалдаса вахчараван.

Сахебил рагӀабазда рекъон, ахирисеб къо щкезегӀан ГӀумар дандечӀун вукӀун вуго Къандагьар ьун иналда ва гӀицӀго америкаялъул рагъул къуватал шагьаралде лӀугьунеб къоялъ разилъун вуго гьениса цодагьабго цӀодорлъи гьабизе рес рекъараб бакӀалдехун ине. Шоперасул рагӀабазда рекъон, резиденциялдаса мулла вахъун вуго рикшаялда рекӀун, цинги гӀадатияб шагьаралъул къайичалдаги рекӀон гьев вахчун вуго лъалареб бакӀалда[8].

Гьев вугеб бакӀ бицаралъухъ, АЦШ-аз 10 млн доллар кьезе бихьизабун букӀана.

Цо-цо информалатазда хъван буго гьев суфизмаялда нахъ вилълъарав, тӀарикъат гьабулев чи вукӀанин, амма гьел жалазе хӀужжа гьечӀо.

— Дуе кинаб асар гьабураб Мулла ГӀумарица?

— ЦӀакъаб. ЦӀакъ вацӀцӀадав чи. Аллагьасукь хӀинкъарав.

Исламияб Имарат Афгъанистаналъул вукӀарав къватӀисеб сиясаталъул идараялъул бетӀер Вакил АхӀмад Мутаваккал, жив гӀемерав мулла ГӀумаргун дандечӀварав, гьес гьадин абуна ГӀумарил хӀакъалъулӀ: «мулла ГӀумарил бищун цӀакъал хасияталлъун ккола гьесул ритӀухълъи, нич букӀин, гьев вукӀана рацӀцӀадал ниятазул чи. Жигьадалда гьесул цояб бер бахъана. Гьев вушл лъикӀав рагъухъан»[9].

Мулла ГӀумарил рукӀана ункъго лъади ва ункъго лъимер: кӀиго вас ва кӀиго яс[6]. 1999 соналъ гьесул цояй яс хвана, ТӀалибаназул цевехъанасде иргадулаб гьужум гьабизе гьесул рукъалда аскӀоб лъун букӀараб[1] бомба кьвагьиялъул хӀасилалда[6]. Согласно другой версии, у него было пятеро сыновей[1].

2011 соналъул 23 маялъ цо-цо информалатазда бачӀун букӀана, Пакистаналъул Кветта шагьаралда аскӀоб Мулла ГӀумар чӀванин абураб хабар[10][11].

2015 соналъул июлалда МухӀаммад ГӀумар хвей мухӀканаб бугин загьир гьабуна афгъаназул тӀалъиялъ[12], гьев «чанго соналъ цеве» хун вукӀаниги абун[13].

2015 соналъул 30 июлалъ ТӀалибан хӀаракаталъул мужагьидзабаз тасдикъ гьабуна жодорго цевехъан хвеялъул хабар[14].

  1. 1 2 3 4 "Черный мулла". Агентство федеральных расследований. 30.09.2001. Щвей 2010-10-30. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)
  2. 1 2 "News.ru: лидер талибов после 11 сентября". Архивация оригинал, 2012-07-20. Щвей 2015-09-19. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  3. ↑ Mullah Omar did not die in Pakistan, say Afghan Taliban - Pakistan - DAWN.COM
  4. ↑ «Талибан» подтверждает смерть своего лидера
  5. 1 2 3 Глава талибов: человек или миф?
  6. 1 2 3 4 5 Короли террора: Афганская прелюдия
  7. ↑ Мулла призывает продолжить джихад
  8. ↑ Daily Newspaper. Petit № 12 (1343) (хвараб регӀел)
  9. ↑ "В. А. Мутаваккиль (экс-МИД талибов): Итог работы правительства Карзая нулевой (интервью казахстанской ДН) | ЦентрАзия". Архивация оригинал, 2013-12-19. Щвей 2015-09-20. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 3 (help)
  10. ↑ Убит лидер «Талибана» Мулла Омар
  11. ↑ "В Пакистане уничтожен лидер Талибана Мулла Омар " Украинское новостное интернет-издание". Архивация оригинал, 2014-11-01. Щвей 2015-09-20. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  12. ↑ "Власти Афганистана заявили о смерти муллы Омара" (мацӀ: русский). lenta.ru. 29 июля 2015. Архивация оригиналалдаса, 2015-07-29. Щвей 2015-07-29. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)
  13. ↑ Лидер движения «Талибан» Мулла Омар умер несколько лет назад  (гІурус) на сайте kommersant.ru, 29 июля 2015
  14. ↑ «Талибан» подтвердил смерть своего лидера муллы Омара