Перейти к содержанию

МоцӀ (гӀужалат)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

МоцӀ (латин: mēnsis, грек. μήνας) — заманалъул роценалъул рикӀкӀен, ракь сверун моцӀалъул свери бахъиялдалъун жиб борцунеб. Цо лъагӀалида жаниб букӀуна анцила кӀиго моцӀ.


Бусурбабазги, жугьутӀазги, китаязги хӀалтӀизарулел моцӀрол ва моцӀролгун-бакъул календаразул цо моцӀалъул халалъи букӀуна 29 яги 30 къо.

МоцӀрол иргадулаб номер 1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12
ЦӀар
(Исламияб календарь)
МухӀаррам Сафар РабигӀул-Аввал РабигӀу Ссани Жумада Уля Жумада Ссани Ражаб ШагӀбан Рамазан Шаввал Зул-КъагӀда Зул-ХӀижжа

Григорианияб ва юлианияб календаразда хӀалтӀизабуларо дунял сверун моцӀалъ бахъараб свериялде балагьун халалъи.

МоцӀрол иргадулаб номер 1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12
МоцӀалда цӀар Январ Феврал Март Апрел Май Июн Июл Август Сентябр Октябр Ноябр Декабр
Къоязул къадар 31 28 (29 цӀикӀкӀар.) 31 30 31 30 31 31 30 31 30 31
  • ЦӀикӀкӀараб сон — ккола юлианияб ва григорианияб календаразда, жиндир халалъи 366 къоялда ращадаб - гӀадатияб соналдаса цо къоялъ цӀикӀкӀараб.
  • ЦӀикӀкӀарал сонал: … 1988, 1992, 1996, 2000, 2004, 2008, 2012, 2016, 2020, 2024, 2028, 2032, 2036, 2040, 2044…