МартӀ
Мартӏ – атмосферул гӏодораязул регӏ, рагьа́раб квачараб гьава-бакъулӏ тӏеренал гун халатал жалазда (гъотӏол гӏаркьалабазда, токалъул кваразда) букӏунеб кристалликиял яги мугьатал цӏорол тӏалӏаби. Жалазул тӏасанлъабазда, ригьзазул тӏохазда яги автомобилазда мартӏ тӏалӏуна цӏакъ дагьго, савуда дандеккун. Мартӏ, саву гун чаранцӏер цоцадаса ратӏа гьарула.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Мартӏ абураб рагӏи лӏугьана инсавараб *маркьI формалдасан, инскавказияб *mħēlƛ̣e «цӏорой, квач» абураб кьолбодасан, гьенисанго рачӏана инснахаб *m(ɦ)il- (~*-ī-,-Ł-), кисан рачӏарал чачан. мил-ла «квачан, квачалдаса», бацб. мил-дар «квачазе, цӏорозе», даргиназулаб чир. букӏуме (< *мукӏу-бе) «гьури», инслезгияб *мекьIä- «квач», кисан рачӏана лезг. мекъIи, таб. мерчӏ-ули, агул. бурш. микӏ-лер, рут. мыкъIды, цах. мыкӏана, удиназулаб ми, цинги «гьури» абураб гьесел кьола микӏ, агул. мекӏ вариантаз. Авараб кьолбол хвалисаб кьучӏ ккола ма́ртӏи-.
Авар диалектазда дандчӏвала гьадинал формабиги: матӏ (Генуб), маркьI (Анцухъ).
Регӏал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Кристалликияб мартӏ – лъел (лъадал) хӏухьла́л десублимациялъун лӏугьунеб кристалликияб ахакь, жиб квасинаб гирляндалда релълъараб. Лӏугьуна квачараб накӏкӏукъаб гьава-бакъукь, -10 °C бугеб, кӏкӏуйдулӏ яги цӏоролаб хьухьилӏ гьури бахъунегӏанасеб мехалъ. Мартӏил тӏалӏен гӏемерисеб лӏугьуна сардил цочангояб гӏужилӏ (сагӏтазулӏ); радалиса мартӏ бакъул чӏораз дагьдагьккун борто́забула, хӏого накӏкӏхӏалаб гьава-бакъ бугони яги рагӏдукь мартӏ бугеб хӏалихъ хутӏула тӏубараб къойица.
- Мугьатаб мартӏ – цӏакъго цӏорораб хьухьил гӏисинал тӏинкӏал гӏодочӏчӏун хадуб къойил бокьараб мехалъ лӏугьунеб гӏазумахӏаб ахакь. Гьеб лӏугьине ккани, температура букӏине ккола -10 °C ги пулеб букӏине ккола хӏалщолареб яги хӏалаб гьури. Мартӏил бацен бараб букӏуна кидагӏансеб мехалъ лъун хутӏун бугеб хьухь яги пулеб бугеб гьури (гӏемерисеб цочанго гӏужица (сагӏтица), цо-цо нухалъ цочанго мехалица). Мугьатаб мартӏ чӏунхутӏизе бегьула чанго къойица. Хьухьил тӏинкӏал чӏахӏалъани, гьеб чаранцӏороде буссине бегьула, гьогьол (гьавадул) температура гӏодобегӏан ккани гьуриги дагьлъани ги къасимехалъ накӏкӏлъиги дагьлъани – кристалликияб мартӏиде.