МартӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
МартІ

МартI (ма́ртIил) – атмосферул гIодораязул регI, рагьа́раб квачараб гьава-бакъулI тIеренал ги халатал жощелазда (гъотIол гIаркьалабазда, токалъул кваразда) букIунеб кристалликиял яги мугьатал цIорол тIалIал. Жощелазул тIасанлъабазда, ригьзазул тIохазда яги автомобилазда мартI тIалIула цIакъ дагьго, савугун данделъуни. МартI, саву ги чаранцIер цоцадаса ратIа гьарула.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

МартI абураб рагIи лIугьана инсавараб *маркьI формалдасан, инскавказияб *mħēlƛ̣e «цIорой, квач» абураб кьолбодасан, гьенисанго рачIана инснахаб *m(ɦ)il- (~*-ī-,-Ł-), кисан рачIарал чачан. мил-ла «квачан, квачалдаса», бацб. мил-дар «квачазе, цIорозе», даргиназулаб чир. букIуме (< *мукIу-бе) «гьури», инслезгияб *мекьIä- «квач», кисан рачIана лезг. мекъIи, таб. мерчI-ули, агул. бурш. микI-лер, рут. мыкъIды, цах. мыкIана, удиназулаб ми, цинги «гьури» абураб гьесел кьола микI, агул. мекI вариантаз. Авараб кьолбол хвалисаб кьучI ккола ма́ртIи-.[1]

Авар диалектазда дандчIвала гьадинал формабиги: матI (Генуб), маркьI (Анцухъ).

РегIал[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Кристалликияб мартI – лъел (лъадал) хIухьла́л десублимациялъун лIугьунеб кристалликияб ахакь, жиб квасинаб гирляндалда релълъараб. ЛIугьуна квачараб накIкIукъаб гьава-бакъукь, -10 °C бугеб, кIкIуйдулI яги цIоролаб хьухьилI гьури бахъунегIанасеб мехалъ. МартIил тIалIи гIемерисеб лIугьуна сардил цочангояб гIужилI (сагIтазулI); радалиса мартI бакъул чIораз дагьдагьккун борто́забула, хIого накIкIхIалаб гьава-бакъ бугони яги рагIдукь мартI бугеб хIалихъ хутIула тIобараб къойица.
  • Мугьатаб мартI – цIакъго цIорораб хьухьил гIисинал тIинкIал гIодочIчIун хадуб къойил бокьараб мехалъ лIугьунеб гIазумахIаб ахакь. Гьеб лIугьине ккани, температура букIине ккола -10 °C ги пулеб букIине ккола хIалщолареб яги хIалаб гьури. МартIил бацен бараб букIуна кидагIансеб мехалъ лъун хутIун бугеб хьухь яги пулеб бугеб гьури (гIемерисеб цочанго гIужица (сагIтица), цо-цо нухалъ цочанго мехалица). Мугьатаб мартI чIунхутIизе бегьула чанго къойица. Хьухьил тIинкIал чIахIалъани, гьеб чаранцIороде буссине бегьула, гьогьол (гьавадул) температура гIодобегIан ккани гьуриги дагьлъани ги къасимехалъ накIкIлъиги дагьлъани – кристалликияб мартIиде.

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]