Перейти к содержанию

ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан
Адабияб гьунар

ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан ялъуни МалламухӀамадил Малла–ХӀасан, - магӀарулазул шагӀир ва гӀалимчи.

Гьев гьавуна ЦӀоралда машгьурав гӀалимчи МалламухӀамадил хъизаналда ва гьев ккола ЧӀар росулӀа «ЛъикӀал» абураб тухумалъул вакиллъун.

Гьесдаги ХӀасан Алкъадариясдаги гьоркьоб гьудуллъи букӀана ва цоцазде гӀараб мацӀалъ хъварал кучӀдулги кагъталги нахъе цӀунун хутӀун руго. Гьел кучӀдул Алкъадарица рахъун руго жиндирго «Диван ал-Мамнун» абураб тӀехьалда[1]. Живго Малла–ХӀасанги вахъана гьесдасаги бергьарав гӀалимчилъун ва бажариги гьунарги бугев шагӀирлъун.

МагӀарулазул машгьурав журналист ва тарихчи, Маркъо ШагӀбановас гьадин хъвалеб буго Малла–ХӀасанил хӀакъалъулӀ:

Гьев ккола гьанжелъизегӀан гӀемер гӀадамаздаги лъаларев ва, гьелъие мустахӀикъав вукӀаниги, магӀарулазда гьоркьов машгьурлъичӀев шагӀир. Жиндир асараздалъун Малла–ХӀасан релълъунев вуго магӀарулазул машгьурав шагӀир Инхоса ГӀалихӀажиявсда. Гьесул даражаялде гьев ваханищ – вахинчӀищали дида лъаларо, гьелъие къимат кьезе цогидал чагӀи ругелъул, амма, кин бугониги, Малла–ХӀасан гьунар тӀокӀав шагӀир вугин абизе бегьула.


Малла–ХӀасанил йикӀана кӀиго лъади, кӀияйго гьей ккана гьесде советазул букӀараб рокьукълъиялъул къурбаналлъул. ТӀоцеесей чӀужу Малла–ХӀасанил йикӀана Динчиб росулӀа ИсмагӀилил яс ХӀуру (1894 соналда гьаюрай). Гьелъ Малла–ХӀасание гьабуна щуго лъимер – васал НурмухӀаммад (1916 с.гь.), СаидахӀмад (1920 с.гь.), ГӀабдулгӀазиз (1923 с.гь.), ГӀабдурахӀман (1929 с.гь.) ва яс ХӀалимат (1927 с.гь.). КӀиабилей чӀужу – къоролайлъун хутӀун йикӀарай Рамазанил яс ГӀайшат (1887 с.гь.). Гьелъ гьабуна кӀиго лъимер – вас МухӀаммадги (1921 с.гь.) яс Шумайсатги (1925 с.гь.).

Закатала районалъул ЧК–ялъ 1931 соналъул 19 марталда хӀукму къотӀана гьел Гъазагъстаналде хӀал гьабун гочинаризе. Гьеб кӀиябго хъизан динияв цевехъанасул, ай пачалихъалъул тушманасул руччаби ва лъимал хӀисабалда, ритӀун ана Гъазагъстаналде. Цониги чи нахъе щвечӀо гьев ичӀго чиясул – къеч ва ракъи ккун хун ратизе руго гъазахъул салул авлахъазда. Малла–ХӀасанил кӀудияв вац АхӀмадвали хвана 1936 соналда, жеги цеве гьесул васги хун хадув. Гьелдалъун гьеб рукъалъул цониги чи нахъе хутӀичӀо.

Закатала мухъалъул ЧӀар росдал мажгиталъуб батана даптар, жаниб магӀарул мацӀалъ гӀажамалда лъабго кечӀ, цо–цо дугӀаби ва тӀарикъаталъул силсила бугеб. Гьелъул мусанип (автор) лъазе кӀвана тӀоцебесеб кочӀол (1863 соналда гӀурусазда данде рахъарал ЧӀар росулӀа магӀарулазул цевехъан Занки–апандиде гьабураб марсияталъул) ахиралда ругел мухъаздасан:

«Дунги – пакъир ЛъикӀави Малла–ХӀасан ал–ЧӀари, назмуялда марсият сияразда бахъарав».

Гьеб даптаралда ругел кучӀдул хъвараб заман гьикъани, нилъеда батула лъабго хӀужа. ТӀоцебе, нилъеда рихьула тӀадехун рехсараб марсиялъул байбихьуда хъван ругел мухъал:

«МухӀаммадгӀали ЧӀари – ЧӀарлъул хирав (хирияв) апанди,

Панаяб дунялги тун, вуссана Аллагьасде.

АнцӀила лъабнусида къоло ичӀилаб соналъ,

Аллагьасул къадар щун, вуссана Къадирасде.

Шагьру–рамазаналъул къоло анкьилаб сордо,

Лайлатул къадриялъул хамиз сордо букӀана».

Гьеб тарихалъул бицани, тӀоцебе абизе ккела МухӀаммадгӀали гьев чиясул унго-унгояб цӀар букӀанин, Занки–апанди абуни – тӀокӀцӀар[2]. КӀиабизе – гьев Занки–апанди, Закатала хъала (битӀун – ЧӀар–хъала) бахъулаго лъукъун, гӀурусаз асир гьавун, туснахъалдеги рехун, нахъа кварида ван гъанкъана 1863 соналда, ялъуни гьижрияб 1280 соналда. Гьеб сон хъван буго Занки–апандил зонодаги, гьебго хӀужа рехсолеб буго тарихиял тӀахьаздаги. ТӀадехун рехсарал мухъазда абуни хъвалеб буго 1329 («анцӀила лъабнусида къоло ичӀилаб») соналъул рамазан моцӀалъул 27 къоялъ гьев хванин абун. Гьеб ккола, гьанжесеб (бакъул) календаралда рекъон, 1911 соналъул 20-абилеб сентябер. Гьеб заман букӀине бегьула гьел мухъал хъвараб къо. Гьелдаго цадахъ даптаралда жаниб хъван буго кӀиго сон: 1327 (1909) ва 1337 (1918–1919). Гьеб заманалдайищ гьел кучӀдул хъван рукӀарал ялъуни 1911 соналъищали лъазабизе дида жеги кӀвечӀо.

Амма Малла–ХӀасанил аслияб рухӀияб хазина жеги 1910 соналдаго Шурагьиб МухӀамадмирза Мавраевасул басмаханаялда къватӀибе биччан букӀана. Гьеб ккола кӀудияб мавлид («Мавлид акбар») ва цо чанго динияб шигӀру. Гьениб хъвалеб буго гьеб тӀехь хӀадурарав чи вугила «гӀалим Малла–МухӀаммадил вас Малла–ХӀасан ал–ЧӀари, ал–Кинтарийи» (Кинтар ккола Динчи росулӀ гьес гӀумру тӀамураб ва гьев вукъараб авалалъул цӀар, жибго Динчиги буго 1830 соналда ЧӀар росулӀа гочарал гӀадамаз бараб росу). Живго Малла-ХӀасаница тӀехь хъваялъул хӀакъалъулӀ гьадинаб баян кьолеб буго: «Дие амруяб ишара гьабуна Малла–МухӀаммад устарас гьаб тӀехь хъвазе ва гьелъие хиянатлъи гьабизе бегьулеб букӀинчӀо»[3]. Гьелдаго цадахъ Малла–ХӀасаница хъвалеб буго «гьаб тӀехь гӀалимзабазе гьабураб гуро, гӀадатиял гӀадамазе хъвараб буго, гьединлъидал гӀайиб гьабуге гьаб тӀадегӀанаб даражаялда хӀадурлъичӀоян».


Малла–ХӀасанил къисмат ккана цӀакъго пашманаб. 1929 соналда, ЧК–ялъул яргъилаз асирги гьавун, Закатала шагьаралъул тӀасияб авалалда бан букӀараб хъалаялда жанив чӀван вуго. Лъабго къоялъ гьесул жаназа хъалаялда жаниб хутӀун буго, нахъа Динчиб росулӀ букъана. Гьесул хоб буго Кинтар–уба абураб авалъул хабалалъ.

  1. ↑ «Оригинальная дагестанская литература Нового времени на арабском языке (по материалам Фонда восточных рукописей ИИАЭ ДНЦ РАН) // Дагестан и мусульманский Восток. М., 2010. С. 243.» Тагирова Н.А.
  2. ↑ «Поселения Джарского общества (историко-этнографическое и географическое описание микрорегиона в Восточном Закавказье). Махачкала, 2011. С. 185-186» Хапизов Ш.М.
  3. ↑ «МалламухӀаммадил Малла-ХӀасан. Мавлид акбар» Шурагьиб, 1910. Гь. 92


  • Хапизов Ш.М. Поселения Джарского общества (историко-этнографическое и географическое описание микрорегиона в Восточном Закавказье). Махачкала, 2011. С. 185-186.