Перейти к содержанию

Кьаву

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Кьавудул кьер ва куц-мухъ

Халип:Steels Кьаву́ ккола маххул оксид, гӀемериселъ багӀар-канагӀаб кьер бугеб, гьеб лӀугьуна маххулги оксигеналъулги реакциялдалъун, жибги лъим яги гьавадул реччел катализатор бугелъуб букӀунеб. КьавдалӀ букӀуна гьидросияб маххул(III) оксидалги (Fe2O3·nH2O) маххул(III) оксид-гьидроксидги (FeO(OH), Fe(OH)3), жалги гӀемериселъ дандекколел маххул корросионгун.

Химикиял реакцияби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кьаву буго бакӀарул цӀар маххул оксидазулги гьидроксидазулги комплексалъе,[1] жиб лӀугьунеб маххуе яги эб гъорлӀ бугелъе оксигенгун ва реччелгун гӀемер мехалъ контакт букӀиналъ. Мех индал оксиген цолъула маххгун, гьедин лӀугьуна цӀияб субстанцион, эб процессалда кьавсин абула. Кьавсин ккола оксидационияб реакция, жиб хас гьабун маххуе лӀугьунеб.

Кьавсадул процессалъул катализаторлъун букӀуна лъим. Маххул яги чармил конструкцияби щулатал рукӀуна, лълъел молекулаби рорчӀула гьезда ругел микроскопиял кьватӀалабалӀе. Лълъел молекулабазулӀ бугеб гьидрогеналъул атомазда кӀола цолъизе цогидал элементалгун ва цӀекӀлъел лӀугьинабизе, гьелъ толола маххул дагьабги цӀикӀкӀараб бутӀа. Гьенирго ругони хлоралъул ионал, лъим цӀамгӀалаб букӀиналъ, коррозия дагьабги хехго ине бегьула. Гьебго мехалда оксигеналъул атомал цолъула маххул атомалгун, махх биххизабул кьаву лӀугьинабун. Хъурун бачӀунеб кьавдалъун маххги хисун, конструкциялъул щулалъи хохола.

Махх оксидатин

[хисизабизе | код хисизабизе]

Оксигенгун ва лъимгун контакт лӀугьиндал, маххуда кьаву рекӀуна.[2] Цадахъ цӀам бугони, ралъдал лъим яги цӀамгӀалаб къатӀралъи гӀадал бакӀазла, махх кьавсиналъул тенденция букӀуна дагьабги ццӀиккӀараб химикиял реакциял хехлъиялдалъун. Махх баццӀадаб лъимги бакъваяб оксигенги бугони дандеккун кьаву босичӀого чӀола. Алюминалда релълъарал цогидал металал гӀадин, гъункун тӀарекӀараб оксидалъул пассивационияб хъал лӀугьуна, жинца махх хадуккун оксидациялдаса цӀунулеб. Пассивационияб хъал кьавуде буссунабула кӀиго агенталъул, гӀемериселъ оксигенгун лъим, цадахъ хӀалтӀуца.

Цогидал хохозарулел рилъал ккола лълъелэ сулфурияб диоксидги лълъелӀ карбонияб диоксидги. Гьел корросивиял кондициябазда лӀугьуна маххул гьидроксидалъул тайпаби. Маххул оксидазде данде ккун, гьидроксидал рекӀун чӀоларо металалъул тӀасрахъалда. Гьел лӀугьунагоги тӀаса ричӀулагоги къватӀибе реххулеб букӀуна цӀихӀалалӀ бугеб махх, корросиялъул процессги унеб букӀуна яги кинабго махх лӀугӀизегӀан яги оксиген, лъим, карбонияб диоксид, сулфурияб диоксид системалдаса тӀагӀинегӀан яги лӀугӀизегӀан.[3]

Махх кьавсунелъул, оксидаз ккола букӀараб металалъулалдаса цӀикӀкӀараб роккел; гьеб гӀатӀилъуца бижизабула цӀикӀкӀараб кӀвейи, жинца маххул гьарурал конструкцияби риххизабулеб.

Културияб симболизм

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кьаву буго гӀинтӀамичӀого теялъул гьабугьинаб турун лӀугӀиялъул жиб гӀатӀид хӀалтӀизабулеб метаформа, щай гурелъул гьелъ алгинго, мехх бахъанагӀан, къвакӀараб маххги чаранги тамахаб хъуруде буссинабиялъ.

Музикалда, литературалда, махщалида кьаву цадахълъола араб цӀарщелгун, чӀунтелгун, биххигун.

  1. ^ Sund, Robert B.; Bishop, Jeanne (1980). Accent on science (in английский). C.E. Merrill. ISBN 9780675075695. Архивация оригиналалдаса 2017-11-30.
  2. ^ "Oxidation Reduction Reactions". Bodner Research Web. Щвей 28 Април 2020. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  3. ^ Holleman, A. F.; Wiberg, E. (2001). Inorganic Chemistry. San Diego: Academic Press. ISBN 0-12-352651-5.