Консуллъи

Ко́нсуллъи — ккола пачалихъалъул къватӀисел бугьеназул тадбирал тӀуралеб идара, цогидаб пачалихъалъул ракьалда жиб букӀунеб. Консулас ишал тӀуралел мухъал ва гьесул чӀейбугеб бакӀ бихьизабула кӀиябг пачалихъалда гьоркьор хъварал къотӀи-къаяз. Консуллъиялъул хӀукъукъаздаса ва батӀа бахъияздаса ккола: жиндирго пачалихъалъул байрахъгун герб загьир гьаби; консуллъиялъул мина жибго жиндаго чӀараб букӀин; магъалоялдаса эркен гьабун букӀин; консуллъиялъул архивазда хъвангутӀи; клнсуллъиялъ жиндирго хӀукуматалъулгун, дипломатияб вакиллъиялъулгун ва гьебго пачалихъалъул цогидал консуллъиялъулгун бухьенал эркенго гьари, бокьараб бухьеналдалъун, ричӀчӀуларел шифрабаздалъун ва дипломатиял ва консуллъиялъулал хехал почабаздалъун.
Консуллъиялъул илчилъиялдаса батӀалъи
[хисизабизе | код хисизабизе]Илчилъиялъ тӀоцебесеб иргаялда тӀорала сиясиял ишал (жиб жаниб бугеб пачалихъгун кӀалъа-басай, гьеб пачалихъалъул хӀакъалъулӀ магӀлуматал ракӀари), консуллъиялъин абуни бухьен гьабула бакӀалъул тӀалъиялъулгун, жодорго ватӀанчагӀазул хъулухъал тӀорала, къануналда рекъон гьезул ишкалал тӀорала, гьезие заман арал хисун цӀиял паспортал, нотариалиял документал, справкаби ва гь.ц. кьола, гьединго консуллъиялъ тӀорала къватӀисел пачалихъазул ватӀанчагӀазе жодорго пачалихъалде рачӀине визабазул суалалги.
Генералияб консуллъи
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀурматияб консуллъи
[хисизабизе | код хисизабизе]
Балагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]| Гьаб тІубачІеб макъала буго халкъаздагьоркьосеб хІукъукъалъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |