ИхӀсан
Ихсан (гӀараб мацӀалда احسان ), диналъул лъабабилеб аслу.
ИхӀсан ккола дуца дурго БетӀергьанасе лагълъи гьаби дуда Гьев вихьулев гӀадин, дуда Гьев вихьичӀониги, Гьесда мун вихьулев вугелъул. Гьединаб хӀалалде инсан вачӀине ккани, кидаго Аллагь рехсон, Аллагь ракӀалда чӀезавун черхалъул гьава-нафсалда данде къеркьон, батӀи-батӀиял гӀибадат тӀагӀат гьабиялда тӀад чӀей гьабун киналдаго инсан куцалеб тарбият букӀине ккола. Гьеб тарбияталда тасаввуфилан яги тӀарикъатилан абула. Гьеб тарбият кьезе инсанасе рухӀияв устарги чара гьечӀого къваригӀуна. Гьеб тарбият гьечӀони инсанасул иманги исламги, жиндир хӀакъикъатги гьечӀеб цӀараллъун хутӀула. Гьеб тарбият тӀадаб букӀиналъе нугӀлъи гьабулел гӀемерал Къуръаналъул аяталги Аварагасул хӀадисалги руго, гьелда агьлусуннаталъул киналго хӀакъал имамзабиги гӀалимзабиги тӀад рекъарал руго. [1]