ГӀусман-хӀажи МухӀамадов
ГӀусман-хӀажи МухӀамадов, МагӀарул мацӀалъул ва адабияталъул мугӀалим, фольклорист.
ГӀусман-хӀажи МухӀамадовасул гӀумруялъул, хӀаракатчилъиялъул, гӀамал-хасияталъул цо бутӀа рагьулеб буго нилъее гӀалимчиясул тӀадехун рехсарал ракӀалдещвеяз. ГӀусман-хӀажиясул захӀматаб, хӀикматаб къисматалъул унго-унгояб, рагӀа-ракьанде щвараб сипат бахъараб очерк ялъуни макъалабазул цоги жанр газет-журналазда дида бихьичӀо.
ХӀакимзабазе, «цӀиял магӀарулазе» ва цоги гьезда релълъарал «чванта бицатазеги тах борхатазеги» икрам гьабурал, гьезул букаранщинаб бакӀ хъасарал, авторасе хинкӀги чуриги щварал хъвай-хъвагӀаял гӀемер рачӀуна редакциялде ритӀун, гьезул чангиял къватӀиреги уна. ГӀадатиял гӀадамазул, «хъабчилъ ругел бахӀарзазул» гӀумруги рохел-къварилъиги рагьарал кагътал къанагӀалъун руго.
ГӀусман-хӀажи МухӀамадовас магӀарул адабияталъе гьабураб кӀудияб, ракӀбацӀцӀадаб хъулухъ миллатцоязда бихьизабизе кӀун батани, гьаб гьумералъул мурад тӀубараблъун рикӀкӀуна дица. Жиндир хӀакъалъулӀ тӀехь хъвазе мустахӀикъав чи вукӀана мунагьал чурад. МагӀарул росабалъе ине бокьуларого рукӀуна гьанже авар газеталъул хӀалтӀухъаби. ГӀусман-хӀажияс абуни магӀаруллъи бега-гилана. КигӀан гӀемерал пайдаял дандчӀваялдай гьес росабалъ тӀоритӀарал! Къалмиде росичӀого кигӀан интересал лӀугьа-бахъиналдай хутӀарал! Гьанжеялдаса 9-10 соналъ цебего дица ГӀусман-хӀажиясда абун букӀана дур гӀумрудул хӀакъалъулӀ хъвазе бокьун бугин, разилъиларищан. Рецц-бакъ къабуллъуларев гьес дие инкар гьабуна. Гьелъги бицуна чиясул хасияталъул, рухӀияб борхалъиялъул. Чанги гӀелмабазул кандидатасул хъвай-хъвагӀаяздаса багьа цӀикӀкӀараб хӀалтӀи гьабуна ГӀусман-хӀажияс. Дида лъикӀаблъун бихьула хадубккун Гумбет районалда гьесул юбилей гьаби. Гьелде данде ккезабун, ГӀусман-хӀажиясул цӀарги тӀад хъван, ГӀали-хӀажиясулги МахӀмудилги хӀакъалъулӀ гьес ракӀарарал баяназул тӀехьги къватӀибе биччазе[1].
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Берал къанщунилан, къадру холаро, ХIамзат ГIизудинов". Архивация оригинал, 2016-03-06. Щвей 2010-12-14.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help)