ГӀачӀан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГIачIан
ГIачIамутIегь

ГIачIа́н (гIачIа́мул), яги кьакьа́, яги ракьу́гIеч, яги топи́намбур (лат. Heliánthus tuberósus) – гIемерсаназул къваликьолел рижунжалазул регI. Ккола бакъдебуссил регӀ, жиб централаб Америкалдаса бачӀараб.[1][2]

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Авараб гIачIа́н абураб рагIул жеги этимология чIезабун гьечIо. Ракьу́гIеч абураб рагIи лIугьун буго ракь ги гIеч абурал рагIабаздалъун, гьенисан кьола гьесел «ракьулI [букIунеб] гIеч». Интернационалияб «топинамбур» лIугьана бразилиял индейцазул тупинамба абураб тайпадул цIаралдасан, гьезда цадахъго Франциялдеги XVII гI. бачIараб (фр. topinambour, порт. topinambur).[3]

Ботаникияб сипат-сурат[хисизабизе | код хисизабизе]

Бицатаб, керчаб ги гъваридаб кьолбол система. Ракьукь кколел тIирщазул лIугьуна квание хIалтIизарулел къулби (хъахIал, виолетиял, багIарал), жидер мегI хъапустIадул хIокIилалда яги талгамуда релълъарал.

ХIуби букIуна цIанбитIараб, щулатаб, 40 см-даса 4 м-алде щвезегIан бахунеб, тIасан тIерщараб, гIаркьахараб, гIисинал расаз хъупизабураб.

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Helianthus tuberosus". County-level distribution map from the North American Plant Atlas (NAPA). Biota of North America Program (BONAP). 2014. Халагьи 26 Април 2019.
  2. "Helianthus tuberosus". Germplasm Resources Information Network. Agricultural Research Service, United States Department of Agriculture. Халагьи 11 Декембер 2017.
  3. Graham, Peter. "Chez Gram". Халагьи 17 Фебруар 2018.

КъватӀисел регӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Инглисалда: