ГӀахьалчи:185.189.102.225/sandbox

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ЧӀарада районалъул Муккракь боялъул росаби: Муккукь, Магъар, ЦӀенеб, ХӀурухъ, Чуниб, Багинуб, Къучраб ва Хъецуб (Хъецуб росулъ хутӀун гьечӀо цониги цӀараки) Гьал росаби уна гьанжесеб Магъар росдал советалда гъоркь. Муккракь боялде гъоркь унаан гьанже Гъизилюрт районалда бугеб КӀульзеб ва Щугинуб росдал жамагӀатги (Пельтивск станция) Гьел цере цогидал магӀарул росабиго гӀадин гочинарун рукӀана Чачаназде, хадур Гъизилюрт районалде. Гьединго Муккракьалъул боялда гъоркь унаан Содаб росуги, гьанже гьеб уна ЦӀуриб росдал советалда гъоркь.