ГӀабигӀо
Гӏаби́гӏо (гӏабгӏи́л) (лат. Siléne vulgáris) — Silene сибтӏилӏги унеб, Caryophyllaceae хъизамулӏги кколеб гӏемерсаназулаб харитайпаяб бижунжо.

Ботаникияб сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]Гӏемерсаназулаб харитайпаяб 40-100 см халалъи бугеб, толораб, цӏанбитӏараб хӏубиги бугеб бижунжо. Ланцетиял яги хоногӏадалгун-ланцетиял, 10 см-де бахараб чӏалалъул ги 30 см-де бахараб гӏеблъул; тӏуцаб цӏахӏилгун-хъахӏил кьерилаб; гъоркьиял тӏанхал рукӏуна дандруцӏарал.
Тӏугьдул рукӏуна тӏухъал тӏогьобохдузда. Щурунка букӏуна пунцӏараб, толораб, 13-18 мм халалъул, 7-10 мм гӏеблъул, 20-го кункӏигун. Милърал 1,5-2 нухалъ халат рукӏуна щурункадаса, хъахӏал. Гьелъул бакират букӏуна торотайпаяб кӏитӏум гӏадаб. Тӏегьала июн-сентябралъ, бакират кьола июлалдаса. Кьалбал рукӏуна тӏухъал, гӏаркьахинчӏел. Ракьулӏаса бигьаго тӏукӏун бачӏуна.