Гьури
Гьури́ — гьавадул яги цогидал газазул планетадул тӀасалъиялда букӀунеб тӀабигӀияб багъа-бачари. Атмосферадул циркулациялъул кӀиго аслияб гӀилла ккола экваторалда ва полусазда гьоркьоб температура хисарди ва планета тири (Корлиосил эффект).
ГӀиллаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьури лӀугинабула атмосферияб тӀадецуй хисардиялъ, жибги температура хисардиялда бан букӀунеб. Атмосферадул тӀадецуй батӀияблъун ккедал, гьава багъарула цӀикӀкӀараб тӀадецуй бугелъуса гьеб дагьаб бугелъубе, гьелъ лӀугьинарула батӀи-батӀияб хехлъи бугел гьурал. Ракьалъул тӀасалъиялде гӀагарлъухъ, лӀурелалъ гьорол хехлъи дагьлъизабула.Гьединго тӀасалъиялъул лӀурел сабаблъула гьури дагьаб тӀадецуй бугелъубе пуялъе.[1][2]
Борцин
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьорол буссиналъе гӀемериселъ хӀалтӀизарула гьури пулеб рахъ бихьизабулеб терминал. Мисалалъе, шималияб гьури яги "тӀасагьури" ккола шималалдаса жанубалде пулеб.[3]
Цивилизациялда
[хисизабизе | код хисизабизе]Мифология
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар мифологиялда гьорол персонификация гьабун буго Гьорол Эбелалъул сипаталда, амма гьединго дандчӀвала гьорол зооморфияб сипать гьабиги, мисалалъе, гьорол чу яги аздагьо. ГӀандаллъуда гьорое сипат гьабулеб букӀун буго ясазул хӀисабалда (гьорол ясал). РикӀкӀунеб букӀун буго гьураз балагьал росун униланги.[4]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ JetStream (2008). "Origin of Wind". National Weather Service Southern Region Headquarters. Архивация оригинал (2009-03-24). Щвей 2009-02-16.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Makarieva, Anastassia; V. G. Gorshkov, D. Sheil, A. D. Nobre, B.-L. Li (Фебруар 2013). "Where do winds come from? A new theory on how water vapor condensation influences atmospheric pressure and dynamics". Atmospheric Chemistry and Physics. 13 (2): 1039–1056. arXiv:1004.0355. Bibcode:2013ACP....13.1039M. doi:10.5194/acp-13-1039-2013. Щвей 2013-02-01.
{{cite journal}}
: Check date values in:|date=
(help)CS1 maint: multiple names: authors list (link) CS1 maint: unflagged free DOI (link) - ^ JetStream (2008). "How to read weather maps". National Weather Service. Архивация оригинал (2012-07-05). Щвей 2009-05-16.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Сефербеков, Руслан; Шигьабудинов, Жамалудин (2006). Мифологические персонажи традиционных верований аварцев-хунзахцев.