Перейти к содержанию

Гьохъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гьохъ

Гьохъ (латиназул мацӏалда Hordeum)

Жинца риххел къотӏизабула, жинца чохьониб гьури бижизабула (газал), чохьониб бакӏаб гьелъул карщалъ чехь биччай (дали) чӏезабула. Жаниб бугеб бухӏи свинабула, чӏер гьабун чакаргун цадахъ квине лъикӏаб буго, лъим гьабун гьекъани ракӏ бакъвай, квешаб хӏал инабула. Гьелъул чедги чехьалъе бакӏаб буго. Гьединги гьури бижизабулебги буго. Гьелъул гьел заралал нахъе чӏвала гьоцӏогун, чакаргун ва роржунел жалазул гьагӏогун цадахъ кванани.