Гьобо
Куц-мухъ



Гьобо ккола квакӏарал материалал хъурун гӏисинал кесказде рикьулеб девайс. Гьабилги гьеб тӏад хӏалтӏулеб материалазулги гӏемер батӏи-батӏиял тайпаби рукӏуна. Некӏо гьабал хӏалтӏизабулаан квераз яги хӏайваназ (масала гӏоркьил кумекалдалъун), гьороца (гьорол гьобо), лъеца (лъел гьобо). Гьанжесеб заманалда гьел гӏемерисеб мехалъ токалъ хӏалтӏула.