Гьигьалъа бахӀарзал-Шамилил наибзаби

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Гьаб макъала хъвазе пикру ккана гьаб соналъул 7 январалда къватӀибе бачӀараб "ХӀакъикъат" газеталда бахъараб "Гьигьалъа наибзаби" абураб макъала цӀалидал. Гьеб макъалаялъул автор ккола диеги тарихалъул дарсал кьурал Гигьалъ гьоркьосеб школалъул учитель Дибирасулаев МухӀамад. ЛъикӀаб xӀалтӀи гьабулеб буго нилъер МухӀамадица нилъер цебесеб тарих наслабазда кӀочонгутӀизелъун 1995 соналъул 16 декабралда бахъун букӀана "РитӀухъльи бергьичӀo" абураб гьесулго макъала. Жиндир заманалда гьесги гьевго гӀадал цогидал аралъул цӀеx-рехал гьарулезе байбихьун букӀарарабани тӀадмагӀарулазул тарих данде гьабизе, жакъа нилъеда гъваридго лъазе букӀана ХӀХ ГӀасруяла рукӀарал гӀалимзабазулги бахӀарзазулги хӀакъалъулъ.

XӀX гӀасруялла Дагъистаналда ккарал рагъазулъ кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабуна чӀамалаз ва хасго гьеб жамагӀаталъул цебехъанлъун букӀараб Гьигьалъ росдал наибзабазгун муридзабаз. МухӀамадица абухъего, тӀахьазда, журналазда, газетазда гӀемер батула Гьигьалъ абун хъвалеб бакӀалда Гъагъалъ, Гьидалъ, Игьали абун хъван. Авторас жигар бахъулеб буго гьел гъалатӀал ритӀизаризе. Гьебго заманаялда тӀадехун рехсараб макъалаялда гьесулги ккун руго цо-цо гъалатӀал Гьигьальа Къадиласул МухӀамадил бицунаго авторас хъвалеб буго гьадин: "ГӀолохъанаб заманаялда гьев цӀалула батӀи-батӀиял росабалъ, гьесие щола лъикӀаб исламияб льай. Рес бугев чи вукӀаниги, гьев уна ГӀахъушаве ва лъазабула ярагъ гьабулеб махшелги. Къадиласул MyxӀaмад гьенив вукӀаго, гӀахъушдерилги гӀурусазул солдатазулги ккараб рагьулъ МухӀамадица бихьизабула унго-унгояб бахӀар-чилъи. ГӀахъушдерил къадияс гьесие кьола къадруяб тухумалъул яс Адай". Дида льаларо авторасда гьел: баянал кисан рагӀарали амма дица Гьигьалъ росулъ кӀалъазанвичӀев тарих лъалел херазда гьоркьов цӀакъго къанагӀат гурони чи xyтӀун ватиларо. Къадиласул MyxӀaмад ГӀахъушалив вукӀанин ва гьениса чӀужуги ячун йикӀанин абун дида лъицаниги: бицинчӀо.

Гьеб буго МухӀамад-ТӀагьирил "Барикъат ассуюф" абураб ГӀypyc ва магӀарул мацӀаздеги буссинабураб тӀехьалдаса бaчӀаpaб хабар. Гьелда рехсон вугев Къадиласул МухӀамадги ва Гьигьалъа Къадиласул МухӀамадги цого чагӀи кколаро. ХӀакьикъаталда, Къадиласул МухӀамадил чӀужу Адай ГӀахъушаса йикӀинчӀо, гьей йикӀana Губденалдаса ячарай. Дир рокъор руго Шамхалов ГӀубайдулаца кьураб дантаралда хъварал, Гьигьалъ росдал къокъал биценал. Гьелда буго гьадин: "Имам МухӀамадилал Горданиса ккола, гьезул къебед вачӀун вуго, Къадил цӀарги гьесдасан бачӀараб буго". Къади ккола Къадиласул МухӀамадил эмен. ХӀакъикъаталда гьигьалъдерица гьеб тайпаялде абула "Горданили" абун. Гьелъул MaгӀнa буго Губденал абураб. ПатхӀул - Мубинил бицен битӀун батaни, Къади цоги росулъа вачӀарав чи вукӀиналъ, гьес жиндирго росулъа - Губденалдаса яс ячула васасе, Къадиласул MyxӀaмадие. Гьей ясалда цӀарги букӀун буго Адай. Гьигьалъ росдал жамагӀат буго батӀи-батӀиял росабалъа гочун paчӀapaл, гӀадамаздаса лъугьараб. Гьезул гӀадатги буго тухумалде (гьигьалъдерица абула тайпайилан) бачӀараб къукъаялда гьезул росдал цӀap толеб.

Масала, Гьигьалъ руго гьадинал тайпабазул цӀарал: "Алади" - гьел ккола ГӀалахъ росулъа рачӀаралдаса лъугьарал гӀадамал. Гьединалго цӀарал щвана Губденалдаса вачӀарав Къадил наслуялъул гӀадамазеги. Жидедаго гьез абула "Къадилохани" абун.

Къадие гьавун вуго вас, гьесда цӀapги лъун буго МухӀамад абун. Гьигьалъдерица гьесда абулаанила Къадиласул МухӀамадилан. Гьев вукӀуна имам ГъазимухӀамадидаса байбихьун, Шамилил рагъал лъугӀизегӀан вагъарав рагъухъан.

Шамил имамгун рукӀарал наибзабазул суратазда гьоркьоб буго Къадиласул MyxӀaмадилги. Гьесул каранда буго орденалъул сипатги. Гьеб орден Гьигьалъа МухӀамадкаримил ТӀалхӀатица кьун буго Гьаквари росулъа ГӀабдулхабиров МухӀамадихъе.

ГӀоротӀаса МухӀумаев МухӀамадрасулил квералъ гӀарабалъ хъвараб кагътил тӀанчида батана Къадиласул МухӀамад цӀаларав чи вукӀинчӀила, гьев квегӀаб гӀиндаги бакӀав вукӀанилан, амма доб заманаялда Дагъистаналда гьев гӀадинав къвакӀарав чи къанагӀатги вукӀинчӀилан абун. Шамилил заманалда гӀурусаздаги магӀарулаздаги гьоркьор ккарал рагъазда гьес гӀахьалъи гьабичӀеб цӀакъго къанагӀат гурони батиларо.

Къадиласул МухӀамадил хӀакъалъулъ буго цо гьадинаб баян. Гьезул наслуялъул гӀадан ГӀабдулкъадирил Сайидатица бицана дида гьеб. Хунзахъ Бахубика чӀвараб мехалъ, гьенив вукӀун вуго Къадиласул МухӀамад. ЧӀвазеги чӀван, ракул гъуниялда тӀад букӀун буго гьелъул жаназа. Мугъзадаса бихъун гурдеги букӀун буго. ХъахӀаб берцинаб гьелъул мугъги чӀегӀерал гьалалги рихьидал, жиндир ракӀ пашманлъанилан бахиллъун бицунеб букӀун буго гьес. ТӀаде хъинги бан, жаназа жинца бахчизабуниланги бицунаанила гьес.

Къадиласул МухӀамадил вукӀун вуго ункъо вас. TӀoцeвесев ккола Губденалдаса Адайие гьавурав. Къади наиблъун вукӀанин бицуна. Гьев чӀван хадув гьесул бакӀалда тун вуго KӀвaнадаса Пасхъан (цо-цояз гьесул васинги бицуна). ЧӀамалазул наиблъун вачӀиндал, жиндирго хварав васасул бакӀалда гьев тӀами квеш бихьула Къадил гьитӀииав вац ГӀабдулкъадирида ва гьес гьев мажгиталда цеве вухула. Гьеб хабар рагӀула имам Шамилида. Имамас абула: "Муридзабаз вухулев наиб вукӀунаро", - ян. Гьесул бакӀалда чӀамалазул наиблъун ГӀабдулкъадирги тӀамула. Цебесеб гӀасруялда бахъараб цо тӀехьалда (ССКГ вып. Тиф. 1872. с.3-4) чӀамалазул наиблъун вихьизавун вуго ГӀаблулкъадир ва гьесул вукӀанила 400 рагъухъанги, гьездасан 250 лъелав ва 150 рекӀарав. Къадиласул MyxӀaмадил кӀиабилев вас Маллач вукӀун вуго къигьалазул (чачаназул) наиблъун. Гьев вукӀана ГӀабдулкъадир наибасдаса кӀудияв.

Гьигьалъ росдал дибирльун вукӀарав Гъайирбегица дихъе кьураб "MaгӀан" абулеб тӀехьалда батана гьесул ирс бикьиялъул баян. Хъван буго гьеб Гъазами ал-Аварияс. Дибирасулаевасул макъалаялда бихьизабун буго ГӀабдулкъадир наиб Хьаргьаби рагъулъ (Ӏ848) лъукъанилан ва гьениса рокъовеги вачӀун, хванилан. ЦӀех-рех гьабидал, дида батана гьигьалъдерил Гъоркьиял хабалалъ борхатаб зани. Зонода бикӀун хъван буго гьев хвараб заман 1276 (1859) сон. ГӀабдулкъадир лъукъун вуго гӀурусаз кьвагьараб гӀарададул гуллил кесек щун, дида бицухъе, Ведено росдада аскӀоб бугеб. Ватул гьабихъ, цо-цояз бицухъе, "Болъон тала" абулеб бакӀалда.

Цоги Гьигьалъа вахьарав наиб ккола ХӀажар-КӀудияв Дибирасуласул вас. Гьес гӀахьаллъи гьабун буго ЧӀиркъатӀа ва Харахьи росабалъ рукӀарал имам вищулел данделъабазда. ХӀажар наиб ва гьесул магӀзун (заместитель), Гьигьалъа ГӀабдурахӀманги ва цогидал чӀамалалги хвана 1848 соналда Хьаргаби ккараб рагъулъ.

Гьигьалъдерица ва цогидал росдал хераца бицунаан цогиги рукӀанин Гьигьалъа рахъарал Шамилил наибзабиян.

Дун Гъодобери росулъ историялъул биценал ракӀарулев вукӀана 1990 соналда. Дида цадахъ вукӀана Гьигьальа Идрисил MyxӀaмадги. Дида цӀар щибин ва киса кколевин гьикъана гьениса херав Шаматов Баширица. Дица абуна Гьигьалъа вугин, цӀарги Шамхалдибир бугин. ГӀодоб биччан бетӀергун, цо-кӀиго минуталъ нижеда кӀалъачӀо херав. Хадуб гьес бадиса магӀу бацӀцӀана ва гьаб гӀасруялъул лъеберабилел соназ живгун цадахъ туснахъалда рукӀанин Гьигьалъа Доликги Шамхалдибиргиян бицана. Гьел чӀвараб къоги тункӀил гьаракьги ракӀалде шванин жиндаян абуна херас. Хадуб гьес бицана Шамхалдибирил эмен ГӀумархӀажиги Шамилил наиб вукӀанин бицен бугин, гьесул рукъги гьигьалъдерид мажгиталда аскӀоб букӀун рагӀулин. Гьигьалъе бачӀараб мехалъ Шамилги гьезулъ рещтӀуневги вукӀун вугин.

Гьигьалъа РотӀа MyxӀaмадица (ХӀусайнияв) Имам-МухӀамадил бицунаго, хъвалеб буго гьев Шамилил наиблъун вукӀанила, амма бихьизабун гьечӀо щиб бакӀалда наиблъун гьев вукӀаравали.

Мунагьал чураяв НурмахӀамадил МухӀамадицаги бицунаан. Аргъваниса Шамхалги. Имам МухӀамадги гӀoлохъанго тарал наибзаби рукӀанилан. Гьев наиблъун вукӀиналъе нугӀлъи гьабула цо магӀил мухъазги. Гьеб назмуялъул автор вуго Гъодобери росулъа Къурбан-хӀажияв.

ТӀадехун рехсарал гурелги, рукӀанилан бицуна Гьигьалъа рахъарал наибзаби ва бергьарал бахӀарзал. Масала, МукӀуч ГъазимухӀамад. Бицен буто гьесул тункӀил гулла алхунароанилан. Унсоколо ккараб рагъда кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабула Гьигьалъа ХӀанкӀил МухӀамадил ГӀумарица. Гьес гьенив чӀамалазул наиб МикагӀил хвасар гьавула (гӀурусазул рахъ ккурав ансадерил цевехъан) Тотомилавасдаса, гьенив живгоги чӀвана. ГӀабдулкъадир наибгун цадахъ вукӀуна Чачаналъ лъукъарав ГьитӀимухӀамад дибир. Даргъо хъаладухъ байрахъ чӀвалаго шагьидлъана ХӀамзалав...