География
Куц-мухъ
Геогра́фия (некӀсияб грек мацӀалъул н.-грек γεωγραφία «ракьхъвай» абураб рагӀудасан[1]) — тӀабигӀиял ва жамгӀиял гӀелмабазул комплекс, жинца лъазе гьабулеб географиялъулаб оболочкаялъул гӀуцӀи, хӀалтӀи ин ва эволюция, тӀабигӀиял ва тӀабигӀиялгун жамгӀиял геосистемабазул ва ьезу компонентазул дунялалда ругел хурхенал ва дунялалда гьел рикьи[2]. Географиялъ лъазе гьабула Ракьалъул (бл.Ракьалъул гӀелмаби) тӀасияб рахъ, гьелъул тӀабигӀиял шартӀал, гьелда тӀад тӀабигӀиял объектал рикьи (бл. физикалъулаб география), халкъ, экономикалъулал ресурсал (бл. экономикалъулаб география)[3]. География ккола некӀсиял гӀелмабазул цояб.