Перейти к содержанию

Винсент ван Гог

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Винсент Виллем ва Гог (Гъохь) (нидерл. Vincent Willem van Gogh, абулеб куц: [ˈvɪnsɛnt ˈʋɪləm vɑŋ ˈɣɔx];[note 1] 30 март 1853 — 29 юл 1890) — гьолланд пост-импрессионизмалъулав суратчи, жив хун хадув БакътӀерхьул гьунарлъиялъул тарихалда бищун машгьуразул ва асар цӀикӀкӀаразул цоявлъун лӀугьарав. АнцӀго соналда жаниб, гьес гьабуна 2100-гӀанасеб гьунаржо, гьездаго гъорлӀ 860 сурат, жидер цӀикӀкӀанисел гьесул гӀумрудал ахирисеб кӀиго соналде кколел. Гьезда гьоркьор руго пейзажал, натюрмортал, портретал ва авто-портретал, ва гьесие хасиятаб буго цӀакъад кьерал ва драматикияб, импулсивияб ва экспрессивияб хъванкъагӀида, жидец гьанжесеб гьунарлъиялъе аслу лъурал. Жиндирго крйераялда битӀ букӀинчев, гьев къеркьолаан согӀаб депрессиягун ва мискинлъигун, ахирги гьел сабаблъун ахирги гьес живго чӀвана лъебералда анкьго сонил гӀужалда.

  1. ^ Van Gogh цӀалиялъул нидерланд мацӀалда батӀи-батӀиял руго къагӀидаби. Гьолландалъул диалекталда цӀалула [ˈvɪnsɛnt fɑŋˈ xɔx] гӀадин, гъугъаб v (в) ва g (г). Гьев гӀуна Брабанталда ва гьес хӀалтӀизабулаан Брабанталъул диалект жиндирго хъвай-хъвагӀаязда; гьединлъидал гьес жинцаго абулеб къагӀида букӀун батище буго [vɑɲ ˈʝɔç], гъугъаб v ва палаталлъараб g ва gh. Парансиялда, гьесул цӀикӀкӀанисел хӀалтӀаби гьабураб бакӀалда,цӀалулеб куц ккола [vɑ̃ ɡɔɡ(ə)].[1]
  1. ^ Veltkamp, Paul. "Pronunciation of the Name 'Van Gogh'". vggallery.com. Архивация оригинал (22 Септембер 2015). {{cite web}}: Check date values in: |archive-date= (help)

ГӀаммал ва цитатулел иццал

[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]