Ботулизм
Ботулизм | |
---|---|
Ботулизмалъ унтарав 14 сон барав, хасиятал руго берзул ччорбал загӀиплъи ва даларал къапераби квегӀаб сураталда, ва гӀатӀилъарал рагъардахъулел гьечӀел ясберал кваранаб сураталда. Гьав гӀолохъанчи тӀубанго лъауда вукӀана. | |
Специаллъи | Инфекционияб унти, гастроэнтерология |
Симптомал | ЗагӀиплъи, бихьиялъул гӀунгутӀаби, свак, бабадулеб калам |
Компликация | Респираторияб гӀунгутӀи |
ГӀадатаб байбихьи | 12–72 сагӀат |
Халацин | Хисардулеб |
ГӀиллаби | Clostridium botulinum |
Диагностикияб метод | Бактериял яги гьезул токсин бати |
Дифференциалаб диагноз | Миастения гравис, Гийенил — Баррел синдром, Амиотрофикияб латералияб склероз, Ламбертил — Итонил синдром |
Превенция | ЛъикӀаб къагӀидаялъ квен гьаби,лъагӀел бачӀел лъималазе гьоцӀо кьунгутӀи |
Агъаз | Антитоксин, антибиотикал, механикалияб вентиляция |
Прогноз | ~7.5% хвеялъул риск |
Ботулизм (Латин: botulus — цӀурабакь абураб рагӀудаса[1]) буго къанагӀатаб ва потенциалго хвалилаб унти, жиб лӀугьинабулеб Clostridium botulinum бактерияз продукинабулеб токсиналъ. Унти байбихьула загӀиплъиялдалъун, берзул канлъиялъул гӀунгутӀиялдалъун, свакай инхӀсасиналдалъун ва кӀалъай биххиялдалъун. Гьездаса хадур рукӀине бегьула гъеж-квералъул, каранзул ччорбазул ва бох-квачӀалъул загӀиплъи. ЛӀугьине бегьула лагӀизе рачӀин, чехь гьорой ва диарея. Унтиялъ гӀемерисеб асар гьабуларо лъавуда рукӀиналъе, базабуларо сири.
Ботулизм тӀибитӀизе бегьула чанго къагӀидаялъ. Гьеб лӀугьинабулел бактериязул спораби тӀиритӀарал руго ракьулӀ гӀадинго лъелӀги. Гьез, дагьабго оксигеналъул къадаралъулги хасал температурабазулги асар ккедал, продукинабула ботулинияб токсин. Кванидаса лӀугьунеб ботулизм бахуна токсин гъорлӀ бугеб квен-тӀех хӀалтӀизабидел. Лъималазул ботулизм лӀугьуна бактерияз, бакьазда жанир гӀемерлъун, токсин продуктинабидал. ГӀемерисеб гьеб букӀуна лъималазул анлӀго моцӀ балалде, гьеб заманалдаса хадуб раккула цӀуниялъул механизмал. Ругънал ботулизм дандчӀвала гӀемерисеб инъекциялдалъун къватӀул наркотикал хӀалтӀизабулезда. Гьединаб ишалда спораби ккола ругъуналде жанире ва оксиген гьечӀелъуб гьез къватӀибе биччала токсин. Гьеб битӀахъе гӀадамаздаса гӀадамазде бахунаро. Диагноз хӀакълъула унтарасда токсин яги бактериял ратиялдалъун.
Профилактика тӀоцебесеб иргаялда буго битӀун квен хӀадури. Токсин, организм гурониги, биххула 85°C (185°F) яги гьелдаса цӀикӀкӀараб температураялда 5 минуталъ хинлъизабуни. ГьацӀулӀ рукӀине бегьула жалго бактериял, гьелъ 12 моцӀ бачӀел лъималалъе гьеб кьезе лъикӀаблъун бихьизабун гьечӀо. Сахлъизариялъе хӀалтӀизабула антитоксин. Жидедаго хӀухьел цӀазе кӀоларезе чанго мацӀалъги къваригӀине бегьула механикияб вентиляция. Антибиотикал хӀалтӀизаризе бегьула ругънал ботулизм бугони. Унтаразда гьоркьоса хола 5–10% гӀадамазул. Ботулизмалъ унтула гӀемерал хӀайваналги. РагӀи бачӀараб буго латиналъул botulus рагӀудаса, жиндир магӀнаги цӀурабакь абун бугеб.
ГӀаламатал ва симптомал
[хисизабизе | код хисизабизе]Лъималалъул ботулизм
[хисизабизе | код хисизабизе]ЗахӀмалъаби
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀилла
[хисизабизе | код хисизабизе]Бакьал колонизатин
[хисизабизе | код хисизабизе]Квен-тех
[хисизабизе | код хисизабизе]Ругъун
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀухьел цӀай
[хисизабизе | код хисизабизе]Инъекция
[хисизабизе | код хисизабизе]Механизм
[хисизабизе | код хисизабизе]Диагноз
[хисизабизе | код хисизабизе]Профилактика
[хисизабизе | код хисизабизе]Вакцина
[хисизабизе | код хисизабизе]Сахлъизаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Антитоксин
[хисизабизе | код хисизабизе]Прогноз
[хисизабизе | код хисизабизе]Эпидемиология
[хисизабизе | код хисизабизе]Цолъараб Къиралал
[хисизабизе | код хисизабизе]Цолъарал Штатал
[хисизабизе | код хисизабизе]Китай
[хисизабизе | код хисизабизе]Украина
[хисизабизе | код хисизабизе]Вьетнам
[хисизабизе | код хисизабизе]Ботулизм бахунел цогидал навгӀал
[хисизабизе | код хисизабизе]МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ ЦӀар хурхараб буго унтиялъул тӀоцере сипатинарурал лӀугьенал клостридиял рахарал бидул ва ливериял цӀурабакьаздалъул лӀугьарал кванилал загьрухинал рукӀиналда.
ТӀадеги цӀалиялъе
[хисизабизе | код хисизабизе]- Rao AK, Sobel J, Chatham-Stephens K, Luquez C (May 2021). "Clinical Guidelines for Diagnosis and Treatment of Botulism, 2021" (PDF). MMWR Recomm Rep. 70 (2): 1–30. doi:10.15585/mmwr.rr7002a1. PMC 8112830. PMID 33956777.
{{cite journal}}
: Check date values in:|date=
(help)
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Botulism in the United States, 1889–1996. Handbook for Epidemiologists, Clinicians and Laboratory Technicians. Centers for Disease Control and Prevention. National Center for Infectious Diseases, Division of Bacterial and Mycotic Diseases 1998.
- NHS choices Archived 2017-10-12 at the Wayback Machine
- CDC Botulism: Control Measures Overview for Clinicians
- University of California, Santa Cruz Environmental toxicology – Botulism Archived 2019-01-07 at the Wayback Machine
- CDC Botulism FAQ
- FDA Clostridium botulinum Bad Bug Book
- USGS Avian Botulism Archived 2018-10-20 at the Wayback Machine
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- Pages using infobox medical condition with unknown parameters
- Макъалаби Латин-мацӀаб текстгун
- Pages using Lang-xx templates
- CS1 errors: dates
- Webarchive template wayback links
- Articles with GND identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Articles with BNF identifiers
- Articles with LCCN identifiers
- Articles with LNB identifiers
- Articles with MA identifiers
- Ботулизм
- Биологияб ярагъ
- Стулалъул тесталдалъун диагностика гьабулел чорхол хӀалал
- Кванидаса кколел унтаби
- Мионевралияб юнкция ва невромускулариял унтаби
- Рукъалъул хӀанчӀчӀазул унтаби
- Wikipedia infectious disease articles ready to translate
- Wikipedia medicine articles ready to translate