Перейти к содержанию

БердимухӀамадов, Къурбангъули Мяликгулиевич

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан

Къурбангъули Мяликгулиевич БердимухӀамадов (туркм. Gurbanguly Mälikgulyýewiç Berdimuhamedow; гь. 29 июналъ 1957 с., Бабарап росулӀ, Гёкдепе этрап]], ГӀашкъабад область, Туркменистаналъул ССР, СССР) — 2007 соналъул 14 февралалдаса байбихьун Туркменистаналъул президент (2006 соналъул 21 декабралдаса 2007 соналъул 14 февралалде щвезегӀан Туркменистаналъул президентасул ишал тӀоралев), пачалихъияв жигарчи, Туркменистаналъул министерзабазул кабинеталъул председатель, Туркменистаналъул яргъидгӀуцӀарал къуватазул тӀадегӀанав боязул бетӀер, армиялъул генерал, медицинаялъул гӀелмабазул доктор, экономикиял гӀелмабазул доктор, Туркменистаналъул гӀелмабазул академиялъул академик, Туркменистаналъул демократияб партиялъул председатель (2007 - 2013 соназ)[1].

ГӀашкъабадалда Дмитрий Медведевгун дандечӀвай, 2009 соналъул 22 декабрь
АЦШ-ялъул президент Барак Обамагун ва гьесул лъадигун бахъараб сурат
Тегераналда Владимир Путинилгун данделъиялда, 2007 соналъул 16 октябрь
Туркменистаналъул президент Къурбангъули БердимухӀамадов, Татаристаналъул президент Минтимер Шаймиевгун Кул Шариф мажгиталда

Гьавуна 1957 соналъул 29 июналъ Туркменистаналъул ССР-алъул ГӀашкъабад областалъул Гёкдепе мухъалъул Бабарап росулӀ. Эмен, Мяликгули БердимухӀамадович БердимухӀамадов — мугӀалим, КПСС-алъул гӀахьалчилъиялде кандидат, битӀа-бишизабулелгун-захӀматалъул идарабазул вукӀарав нухмалъулев, гьанже — пенсионер[2]. Мать — Огулабат-эдже[3]. Дед, Бердымухамед Аннаев, был известным учителем, работал директором начальной школы, в годы Великой Отечественной войны он воевал на фронте[4]. Къурбангъули вукӀана хъизаналда цохӀого цо вугев васлъун, гьесул яцазда цӀарал руго: Гулнабат, Дурдинабат, Гулжамал, Огулжамал ва Мягьри.

1979 соналъ лӀугӀизабуна Туркменистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталъул гӀусазул медицинаялъул факультет, хадубго цун аспирантураги. Гьев ккола медицинаялъул гӀелмабазул докторлъун.

ЗахӀматалъул нух байбихьана 1980 соналъ гӀусазул тохтурлъиялдасан.


2012 соналъул президентасул рищиял

[хисизабизе | код хисизабизе]




Цеве вукІарав:
Сапармурат Ниязов
Туркменистаналъул президент

14 февраль 2007 — гь.з.
(2006 21 декабралдаса и.тІ.)
Хадув вачІарав:
Гьанже хъулухъалда