Перейти к содержанию

Ал-ХӀасибу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-ХIасибу (гIараб мацIалда الحسيب). Жив гIолев. Лъил гьев ватаниги, гьесие жив гIолев.

ТIадегIанав Аллагь ккола кинабго жоялъе Жинца гIей гьабулев. Гьаб сифаталъул хIакъикъат Аллагьасе гурони букIине рес гьечIо. Жиб хIажалъулебщинаб жо хIажалъула жиб батиялдеги, жиндир бати даимлъиялдеги, жиндир бати камиллъиялдеги. ТIадегIанав Аллагь гурони цониги жо гьечIо щибаб жоялъе жинца гIей гьабулеб. Киналго жал ратиялъеги, гьезул рати даимлъиялъеги ва камиллъиялъеги цохIо Аллагь вугони гIола, тIокIаб жо хIажалъуларо. Дуда ракIалда ккоге мун кванагьекъолеб жоялде, зоб-ракьалде, бакъ-моцIалде ва гьеб гурел жалаздеги хIажалъараб заманалда, Аллагь гуресде хIажалъанин ва Гьев дуе гIечIин абун. Щай абуни, Гьев ккола тIагIам, зоб-ракь Жинца бижун дуе гIей гьабуравлъун. Гьединго дуда ракIалде ккоге эбелалъ жиб хахизеги гьабулеб, жиндие хъулухъги гьабулеб лъимералъе ТIадегIанав Аллагьас гIей гьабун гьечIин абун. Аллагь ккола гьесие эбелги йижун, гьелъул каранда рахьги бижун, гьеб хахизе гьелдаги малъун, гьеб хахизе кьезе эбелалъул рекIелъ гьеб лъимералдехун гурхIелги бижун гьелъие гIей Жинца гьабурав. Гьаб сифаталдаса лагъасе бугеб бутIа ккола цохIо Аллагь жиндие гIолевлъун вукIин. Гьесул мурадлъун вукIина цохIо ТIадегIанав Аллагь, батIияб жоялдалъун жиндир ракIги машгъул гьабиларо, хIатта алжан-жужахIалдалъунгицин. Аллагьасул кIодолъи жиндие загьир-лъараб мехалъ абила: «Гьев дие гIола, тIокIаб жо дие къваригIун гьечIо, цойги жо щваниги щвечIониги, гьелъул ургъелги дие гьечIо», – абун. [1]

  1. ^ Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)