Ал-ХӀакиму

Ал-Хӏакиму (гӏараб мацӏалда الحكيم). Хӏикматалъул бетӏергьан. Хӏикматилан абураб жо ккола бищун хирияб гӏелмуялдалъун бищун хирияб жо лъай. Бищун хирияб ва тӏадегӏанаб гӏелму ккола жиб тӏаса унареб абадияб, жиндий щибго жо балъго хутӏулареб гӏелму. Гьеб ккола Аллагьасул гӏелму. Бищунго хириявги тӏадегӏанавги ккола Живго Аллагь.
Гьесул хӏакъикъатги Гьесда жиндаго гурони цонигиясда лъаларо. Цо-цо мехалъ, жинда батӏи-батӏиял махщелал лъалев ва гьел мухӏканго гьарулев чиясдаги абула «хӏакимилан». Амма камилав «Ал-Хӏаким» Тӏадегӏанав Аллагь гурони гьечӏо. Щив чи вугониги жинда кинабго жо лъан, амма Тӏадегӏанав Аллагь лъачӏого, гьесда хӏакимилан абуларо. Щайгурелъул гьесда бищун тӏадегӏанаб ва бищун хирияб жо лъан гьечӏо. «Хӏикмат» ккола бищун тӏадегӏанаб гӏелму. Гӏелмуялъул тӏадегӏанлъиги букӏуна жиб лъараб жоялъул тӏадегӏанлъиялъул къадаралда. Аллагьасдаса кӏудияб ва тӏадегӏанаб щибго жоги гьечӏо.
Тӏадегӏанав Аллагь лъалев чи, гьев ккола «хӏаким», цогидал гӏулумазулӀ загӏипав, берцин кӏалъазе лъаларев вугониги. Амма лагъасул хӏикматалдаги Аллагьасул «хӏикматалдаги» гьоркьоб бугеб батӏалъи, лагъасда Аллагь лъаялдаги ва Аллагьасда жиндирго зат лъаялдаги гьоркьоб бугеб гӏадаб батӏалъи буго. Гьеб кӏиябго лъаялда гьоркьоб кигӏан кӏудияб батӏалъи батаниги, кӏиясулго хӏикматалда гьоркьобги буго гьебго батӏалъи. Батӏалъи кӏигӏан кӏудияб батаниги, гьеб ккола бищун хирияб гӏелму, жиндие хӏикмат кьурав чиги ккола гӏемераб лъикӏлъи жиндие кьурав чи. Аллагь лъарав чиясул калам цогидазул каламалдаса батӏияб букӏуна – гьесул калам букӏуна гъваридаб, ахираталда пайда бугеб жоялда хурхараб.
Гьединаб каламалда гӏадамаз абула хӏикмат абун. Гьелъие мисал ккола салат-салам лъеяв Аварагасул гьал рагӏаби: «Цӏодорав чи ккола жинца жиндирго нафс гӏодобегӏанги гьабурав ва хун хадуб букӏунеб жоялъе гӏамалги жинца гьабурав. Гӏажизав чи ккола жинца жиндирго нафс бокьа-бокьараб жоялда нахъбилълъинабурав ва Аллагь гурхӏилин, Гьев тӏаса лӀугьинин абун анищалги жинца гьарурав» (Тирмизи, Ибну Мажагь, Хӏаким). Гьединго гьал рагӏаби: «Дагьаб ва жинца гӏей гьабулеб дунял лъикӏаб буго Гӏемераб жинца Аллагьасдаса машгъул гьабулеб дунялалдаса» (Гьайсами, Абу Ягӏла). Гьединго гьал рагӏаби: «Чиясул исламалъул берцинлъиялдаса ккола, гьес жиндийго пайда щолареб иш жибго тей» (Тирмизи, Ибну Мажагь). Гьединго гьал рагӏаби: «Талихӏ бугев чи ккола, цогидазул гъалатӏаздалъун жив кантӏарав чи» (Муслим). Гьединго гьал рагӏаби: «Бугеб жоялда гӏей гьабун чӏей, гьеб ккола жиб лъугӏунареб боцӏи» (Къузагӏи). Гьалги ва гьазда релълъарал рагӏабазда абула «хӏикматилан», гьел рагӏаби абурав чиясдаги абула «хӏакимилан» абун. [1]