Ал-Барру
Ал-Барру (гIараб мацIалда البَرّ). Жинца лъикIлъи гьабулев.
ТIадегIанав Аллагь ккола кинабниги махлукъаталъе жинца лъикIлъи ва пайда гьабулевлъун. Лагъги вукIуна жинца лъикIлъи гьабулевлъун, гьес халкъалъе гьабулеб лъикIлъиялъул къадаралда, хасго жиндирго эбел-инсуе, мугIалимасе, шайихасе. ХIадисалда бицунеб буго: Муса авараг (гI.с.) БетIергьан Аллагьгун кIалъарав мехалъ, гьесда цо чи вихьанила гIаршалъул хIобода аскIов вахъунги чIун. Гьес Аллагьасда цIеханила: «Я Дир БетIергьан ! Сундалъун гьав чи гьаб даражалде вахарав?» – абун. Аллагьас абунила: «Гьев вукIана Дица Дирго лагъзадире кьурал нигIматал сабаблъун цонигиясдехун жинца хIасад гьабуларевлъун. Гьединго гьев вукIана жиндирго эбелинсуе лъикIавлъун»? – абун. Гьаб ккола лагъас лъикIлъи гьаби. Амма Аллагьас Жиндирго халкъалъе гьабулеб лъикIлъийин абуни, гьелъул бицун рагIалде бахъунаро. [1]
→ →
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2011-02-26. Щвей 2011-02-26.