Перейти к содержанию

Авараб редупликация

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ава́раб редуплика́ция (цӏ. [awára-b reduplikác:ija]) – авар мацӏалда бугеб редупликация. Гьел руго чанго ратӏалъабазул. Авар мацӏ ккола кидагогӏадин редупликация хӏалтӏизабулел мацӏазул цояб.

Редупликацияйин абула рагӏул бутӏа, стем яги тӏолго рагӏи кӏилъуда (такрарлъуда). Гьел кӏилъидул магӏна чанго буго: экспрессия (рагӏи берцинаби), гьелъул магӏна яги къваригӏин гьударизаби, рагӏаби дандарун гьезул аслияб магӏнаби цолъизаби ги гь. б.


Тӏолго Ракьуда ругелщинал мацӏаздаги буго гьеб (рц. гӏур. е́ле-еле, кис-кис).

Гьел рикьула кӏиго аслияб бегӏуде: тӏубангуреб ги тӏубанаб. Тӏубангуребалъул магӏна ккола рагӏул бутӏа (рагӏи тӏубанго хӏалтӏизабичӏого) яги стем кӏилъи, гъобго мехаца тӏубанаб ккола тӏолго рагӏи (кинаб къагӏидалда гьеб бугониги) кӏилъизаби. Авар мацӏалда хӏалтӏизабула кӏиябго.

Редупликация бихьизабула редупликативиял элементаз. Гьезде абула редупликативал, – ин. Гьезда гьоркьоре уна къед, къоно, тӏех, кӏач, ш-элемент, м-элемент ги гь. б.


Авар мацӏалда рихьизарун руго чанго батӏиял редупликативиял формаби. Аварал редупликативазул руго чанго батӏиял функциябиги: экспрессия (гӏага-шагарал), глаголазул яги хӏал бихьизабулел рагӏабазул хӏаллъи бихьизаби (кӏус-кӏусизе), гӏемерлъи, гӏатӏилъи бихьизаби (мадугьал-къед) ги гь. ц.

Ш-редупликация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаб ккола ш-редупликативияб элемент хӏалтӏизабун редупликация лӏугьинаби. Жинда хурхен базабураб рагӏул форма яги куцги босула гьелъ кидагогӏадин: гӏага́-шага́рал, гӏага́-шага́рго; гӏатӏи́-шатӏи́даб, гӏатӏи́-шатӏи́дго ги гь. ц.

Цо пикруги буго, гьалъ, жибго тӏоцебисеб элементалда релълъинабун, гъолъул семантикаги нахърекӏинабулин. Гьедин лӏугьараб букӏине ккола гендерица (Унсоколо мухъ, хунз сверел) хӏалтӏизабулеб реша́зе абураб рагӏиги, «рекъезабизе, дандеккезабизе, адаптизе». Тӏокӏал батӏиял сверелаздаги, тюркиял мацӏаздаги гьаб рагӏи гьечӏолъуца бицунеб бугеб цӏикӏкӏинабула: гьаб букӏине ккола рекъе́зе абураб рагӏудаса лӏугьараб.

М-редупликация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаб унгоавараб букӏин щакаб жо буго, щай гурони тӏолго Кавказалъги, нилӏедехун ругел гӏурусазгицин хӏалтӏизабула (гӏур. шашлы́к-машлы́к). Аваралда: кафе́-мафе́, чака́р-мака́р, дару́-мару́ ги гь. ц.


Лингвистикияб момент

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кидагогӏан редупликация хӏалтӏизаби ккола хадурккарал мацӏазул хасият,-ин абулел чагӏиги руго, щай гурони ругел рагӏаби аффиксация яги суффиксация гьабун хисизабичӏого, кӏиго кьалбалккун цоцада хурхинчӏел рагӏаби хӏалтӏизаби бигьаяб иш ккола. Гьелъул магӏна ккола, гьединаб мацӏ бицунел чагӏи гӏелму-лъаялда нахъ рукӏунгутӏи (аварал, гӏараб лъаял Магӏарухъ рачӏаниги, къайи-къонода нахъ ран хутӏи, гьелъие географикияб гӏиллаги букӏин).