Абу Айюб аль-Ансари
Абу Аюб ал-Ансари (гӀараб мацӀалда أبو أيوب الأنصاري).
Гьав асхӀабасда цӀар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса. Гьесул тӀокӀцӀар буго Абу Аюб.
ТӀадегӀанав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул цӀар тӀобитӀизабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат тӀадегӀан гьабуна. Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ тӀаса бищана, гьижра гьабун вачӀунев Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рещтӀунеб бакӀлъунги.
Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Абу Аюбил рокъов рещтӀиналъул бицунеб къиссаялъул, кигӀан гьеб такрарлъаниги, берцинлъи ва гӀащикълъи гурони букӀунаро.
Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Мадинаялде щвараб мехалъ, кинавниги сафаралдаса вачӀунев чи кӀодо гьавуларев гӀадин, лъикӀаб куцалда дандчӀвай гьабун, кӀодо гьавуна гьев Мадинаялъул агьлуялъ.
Гьесул ахирисеб гъазават букӀана, МугӀавиятил заманаялъ, гьесул вас Язидил бетӀерлъиялда гъоркь, КъустӀантӀиния (Стамбул) рагьизе гьабураб гъазават. Гьеб мехалъ Абу Аюб вукӀана ункъогоялде гӀумру бахарав херав чи. Кин бугониги херлъиялъ гьев, Язидил байрахъалда гъоркь аскаралде лӀугьиналдаса ва гумузда рекӀун унел боялгун цадахъ, гъазаваталде вахъиналдаса нахъе чӀвачӀо.
Бусcурбабаца Абу Аюбил васият тӀубан, тущманасда дандеги рагъун, КъустӀантӀиниялде щвезегӀанги ваччун, гьес абухъе вукъана Абу Аюб. [1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "КъустӀантӀиналъул (Стамбул) къадазда гъоркь жив вукъарав". Архивация оригинал, 2024-11-27. Щвей 2010-12-15.