Дагъистан (маданиябгун-лъай кьеялъул центр)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Маданияб-Адабияб центр Дагъистан» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Мажгит
КПЦД
гІур. КПЦД


Пачалихъ  Россия
Шагьар Санкт-Петербург
Адрес Беринга 23, корпус 3
Мазгьаб Сунитал,
ШафигІил мазгьаб
БДИ, мухтасибат Дагъистаналъул БДИ
Мажгиталъул тайпа Районалъул мажгит (Жаниб рузмар балеб)
Архитектура Модерн
Базе гІарац кьурал Петербургалда ругел Дагъистаниял
Бай 20092011
Ахирисев имам ХӀамзатов ЗайнуллагьХӀажи
ГІадамазул къадар 500
Бугеб хІал хІалтІулеб
Мактаба УY
Мадраса УY
Сайт Расмияб сайт
Россия Санкт-Петербург: жеги гьечӀо позиционияб карта.


Маданиябгун-Лъай кьеялъул Центр Дагъистан , къокъ. МЛЪЦД — ккола икълималъулаб жамгӀияб гӀуцӀи, Санкт-Петербургалда дагъистаниязул цолъи, Василевасул чІинкІиллъиялда бищун кӀудияб как балеб рукъ.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Санкт-Петербургалда руго 40-70 азарго дагъистанияв. 2000 соналъул байбихьуда дагъистанияз Санкт-Петербургалда рагьана цо чанго как балеб рукъ. Хадубккун, дингун-лъай кьеялда гІадамал данде гьаризе, Санкт-Петербугалъул бусурбабазе цо бакІалда, цадахъ рухІияб лъай щвезе ва авар мацӀги маданиятги цӀунизе кканани цо бакІ чара гьечІого къваригІунеблъун букІиндал, центр рагьизе ккана. Гьелъул хІасилалда рагьана Дагъистан абун цІар бугеб Маданиябгун-Лъай кьеялъул Центр, гьел цере рехсарал пикраби тІоразаризелъун.

Мина[хисизабизе | код хисизабизе]

ЛъикӀаб берцинаб лъабтӀалаяб мина бан буго.

ТӀоцебесеб этажалда буго как балеб рукъ. Гьениб щибаб къойил рала фаризаял какал, Рузман, ТаравихӀ, гьединго РабигІул-Аввал моцӀалъ гьарула мавлидал. Гьениб 500 чиясе бакӀ буго.

2-абилеб этаж буго руччабазе (гьенибе нух буго аслияб залалъуса, ва къватӀноса). Рузман къо ва Байрам къо - бихьинаца как базе буго. Гьединго гьениб буго лъималазул рукъ, 20 чиясе кинотеатр.

3-абилеб этажалда малъула мацӀал: ГІурус мацІ, Ингилис мацІ, ГІараб мацІ, ва Дагъистаналъул халкъиял мацӀал. Гьединго гьениб малъула республикаялъул тарихги, маданиятги, лъималада малъула кулинарияб маххщел, рукъалъул магӀишат бачине, ва диналъул гӀадаталги.

Как балеб рокъое нух азбаралъуса буго.

Централда буго кинотеатр, библиотека, классал.

ХӀаракатчилъи[хисизабизе | код хисизабизе]

Централда Дарсал кьола:

Централда Онлайн Къамус гьабун буго http://avar.me/

Дагъистаналъул ГӀолохъабазул Содружествоялъ гӀемер гьарула лекциял, конкурсал,  ва Санкт-Петербургалъул гӀолохъабазул данделъиялги.

Как балеб рокъоб рала киналго фаризаял ва суннатал какал. Щибаб лъагӀелалъ, РабигІул-Аввал моцалъ гьарула мавлидал. Рамазан моцалъ рогьалил как ахӀилалде кванала (Сухур), ва маркӀачӀул как ахӀун хадуб кӀал бичӀчӀала (Ифтар), гьединго ТаравихӀ какалги рала.

Централъул руччабазул данделъиялъ гьарула гӀемерал дандчӀваял, мавлидал, лъайгун хис-бас гьабула.

Как балеб рукъалъул имамас лъола магьари, ва гьарула цойги-цойги гӀадаталги. Билълъинабула адабияб хъулухъчилъи, гӀадамазда захӀматал суалал ричӀчӀизарула.

Санкт-Петербургалда «Ассалам» газета тӀобитӀула централъул кумекалдалъун.    

Имам[хисизабизе | код хисизабизе]

  • ХӀамзатов Зайнуллагь Шариповасул (2012 — н.в.) — гьавуна 1972 соналъ Хьаргаби мухъалъул Хьаргаби росулъ. Школалдаса хадуб Алихаджи аль-Аймакиясдассанги ва Ахмадхаджиев Мухаммадасдассанги цӀали босун букӀана. 1990-1992 соназда армиялда хъулухъ гьабулев вукӀана. 1992-Ӏ993 соназда  ИдрисХӀажидассан цӀали босана. 1993-1999 соназда цӀалулев вукӀана Сириялъул Фатх аль-Ислами абураб университеталда, гьелда цадахъ цӀалана Дамаскалъул университеталъул ШаригӀаталъул филиалалда. Гьединго университеталда цӀалулеб мехалъ Низал Раши Хасанкаридассан цӀали босана. 1999 соналъ тӀад вуссана Дагъистаналде, гьелдаса нахъе хӀалтӀулев вуго Исламалъул гӀелмабазул мугӀалимлъун. 1999-2003 соназда хӀалтӀулев вукӀана Хьаргаби Мадрасаялда. 2004-2012 хӀалтӀулев вукӀана Дагъистаналъул Исламияб Университеталда. Гьединго 2006-2012 соназда гьев вукӀана Канонический отделалъул Дагъистаналъул Исламалъул Агьлуялъул РухӀияб Управлениялъул хӀалтӀухъанлъун.