ТаравихӀазул как

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТаравихӀазул как

ТаравихIазул как (гIараб мацIалда تراويح) ккола муаккадал, ай тIадчIун гьаризе кколел суннатал каказул цояблъун. Гьеб бала рамазан моцIалъ. Гьелъул гIуж щола боголил как бан хадуса, халат бахъула хъахIлъи биччазегIан. Гьелъул тIаса бищараб гIуж байбихьула сардил ункъо бутIа гьабун цо бутIа аралдаса. Хасго хирияб буго, кьижун хадув тIадеги вахъун, бараб.

Амма киса-кибего гIадат билълъун буго, боголил как бан лъугIарабго, ратибатги бан таравихI базе байбихьулеб. Нилъер Дагъистаналда таравихIазул какил микьго ракагIат бан тола, амма киналго тIахьазда гьелъул базе бихьизабураб къадар къого ракагIат буго. Цогидал исламиял хIукуматаздаги къого ракагIат бала. ЛъикI букIинаан нилъер Дагъистаналдаги гьедин гьабунани. Мажгиталда жамагIаталъ гIицIго микьго ракагIат бан толеб бугони, гьелгун микьго ракагIат бала, хутIараб анцIила кIиго ракагIат рокъове щвараб мехалъ бала, хасго лъикIаб буго кьижун хадуса радакь тIадеги вахъун тIубазабуни. Ахиралде витруги ккезабила. Витруги Рамазан моцIалъ, жинца жиндиего баралдаса жамагIатгун бараб хирияб буго, мажгиталда бани, гьеб дагьабги лъикIаб буго. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)