МагӀлиб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Росу
МагIлиб
Пачалихъ Дагъистан
Муниципалияб мухъ Хьаргаби
Координатал 42°29′ ш. гӀ. 46°55′ бб. х.HGЯO
Расмияб мацІ магIарул мацІ
Халкъалъул къадар 2923 чи (2010)
Миллатал магІарулал
Этнохороним магІлисев, магІлисей, магІлисел
СагІтил рачел UTC+4
Почалъул индекс 368254
ОКАТО 82213000005

МагIлиб ккола Дагъистан пачалихъалъул Хьаргаби мухъалъул росу.


Ракьхъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Мухъалъул марказ Хьаргаби росдадаса 12 км жанубгун-бакътІерхьул рахъалдехун ккола.

Халкъалъул къадар[хисизабизе | код хисизабизе]

2010 соналъ гьабураб халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон, росулъ гІумру гьабулев вукІана 2923 чияс[1]. Цоккураб миллаталъул магІарул росу.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналъул ва советиял гIалимзабаз чIезабун буго Дагъистаналда ва гьездаго гьоркьоб гьанже авараз гIумру гьабулебругел магIарухъги гьанжеялдаса 20 азарго соналъ цебе гIадамаз гIумру гьабулеб букIин. Гьесдалъун ракI чIараб буго магIладерил ракьалдаги чанго батIи-батIиял гIадамаз, батIи-батIиял гIасрабазда гIадамаз гIумру гьабулеб букIинги. Гьеб бихьулеб буго гьанже магIладерица гIумру гьабулеб ракIалда рукIин гьезда ва гьезул умумузда лъаларого рукIарал цIакъгозахIматал бакIазда гьарун рукIарал цогидал хIалтIаби. Гьаниб абизе ккола магIладерил ракьалдаги гьечIо имсанас квер багъари гьабичIеб бакI. Аслияб къагIидаялда хурзал гьари. Гьеб буго халатаб история.

Гьанжесел магIлал рачIинегIан магIладерил ракьалда гIумру гьабулеб букIун буго гуржияз. Гьел кинха гьанире ккарал? Гьеб ккола гIагашагарго IX-XIV гIасрабазда. Гьеб заманалда Гуржистаналда гьоркьоса къотIичIого рагъал кколел рукIун руго жодедаго жанил-князьзабазда гьоркьоб. Гьелъ рахIат хвезабурал гIемерал рекьарухъаби рехун тун гуржистанги лъилго квешаликь гьечIел чIорогоял ракьазде магIарухъе гочун руго. МагIишат гIуцIизе захIмат букIаниги ракъниги букIинчIо гьезие гьаниб. КIиабилебги гIила: XII-аб гIасруялъ 90-аб соназда гуржиялъул царица Тамараца жигар бахъулеб букIуна магIарухъ ругел гIадамазда гьоркьоб христианазул дин тIибитIизабизе ва гьеб гIилаялъе гIоло гьелъ магIарул ракьалде хIалалъ гочинарулелги рукIун руго мискинал гуржиял-рекьарухъаби, такъсирчагIи ва кашишалги. Гьелъие ракI чIараб нугIлъун ккола гьел саназда бараб гьанжеги нахъе хутIун бугеб Советияб мухъалъул Датунаялда гуржияз бараб килиса. Гьеле гьеб заманалда МагIрилги рукIун руго гуржиял. Нахъе хутIарал биценазда божани гьез МагIлиб гIумру гьабун буго XIV-аб гIасруялъул ахиралде швезегIан гьез бан букIараб 100-150 цIараки бугеб гIадаб росуги букIараб, амма гьанже чIунталиде сверараб гьал ахирал соназде швезегIан МагIлиб букIана. Гьелда цIарги магIладерица «Росолъ» абун гьениб гьаб сагIатги гIемер батула гьезул шагIил цIа-рагI гъурун хутIарал рекарал цIакъго рицатал рекелал, накъишал рахъарал ганчIал, ганчIил алатал ва цогидалги. Росдал гIадамаз минаби разе гамачI нахъе баччун, гьанже гьеб росу букIараб бакIалъул хутIараб букIцин гьечIилан абизе бегьула. Гьел МагIлиса нахъе инее гIилаги рикIкIуна магIишаталъе захIматаб бакI букIун хасго гIемерал соназ бакъ бан ракь холеб букIин, лъалъазе лъим гьечIолъи ва аслияб гIила Гуржистаналда рагъ-кьал дагьлъи. Гьенибго магIишат гьабизе бигьаяб букIун унаго гьез киналго минаби рухIун руго. Гьез гьанир гьарун рукIун руго чIахIиял хурзал, магълъал ва ахалги. Хасгогьез тIад чIун гIезабулеб букIун буго цIибил ва гьеб магIладерил ракьалда лъикIго бижулебги букIунги буго.

Гуржи миллаталъул гIадамал нахъе аралдаса гьеб ракьалъул бетIергьабилъун рахъун руго Кудел (гьанже Гъуниб мухъалъул Кудали росу).

Гьел гьанире рачIунел руго соналъ гьеб заманалда цIакъ гьарзаго букIараб чан гьабизе. Гуржияз гIезабураб ахалги хурзалги чIунтун руго гьедин ун буго XIV-XVаб гIасраби гьедин чIобого магIладерил бакI. Дагъистаналъул мацIал абураб тIехьалда хъван буго XVIII-аб. гIасруялъул ахиралда куделдерил жамагIаталдаса нахъе тIун батIа рахъун чIана Мурада, Дарада, Хъвартихьуниб ва Тунзиб росаби абун. Гьениб МагIлиб бакI рехсон гьечIо. Гьелъ нугIлъи гьабула гьеб заманалде МагIлиб букIин жибго-жиндаго чIараб кIудияб росу. Гьел росаби XVIII-аб гIасруялда Кудалисан ккарал ратании МагIлал кудалисан рачIун МагIлир чIун рукIине ккола XVI-аб гIасруялдаго. Гьелъие нугIлъи гьабула гIемерал биценазги ва ганчIида рикIкIун хъварал цо-цо гIемерал тарихъазги.

Гьелдалъун абизе бегьула МагIлиб росо бижизе кьучI лъунилан XVI аб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. Дир пикруялда рекъон гьеб ккола I585 соналъул май.

Нахъе хутIараб биценазда божани (гьел гIемерисел ритIаралги ратулелха) гьанже ХIажимухIамал МухIамадил ва ЯхIияхIажиясул минаби ругел бакIазда гьеле гьеб заманалда 5-10 чияс ран руго жодоего гIисиналго 1-2 рукъги цо-цо боцIуе бокьалги ругел минабиги.

Гьеб буго магIладерил ракь кибехунго бихьулеб, лъим-цIадаз зарал гьабизе рес гьечIеб, лъеде гIагарда, гъоркь кьуруги бугеб борхалъибугеб бакI. Гьеб заманалда магIладерил ракьалда кутакал рохьал заз-хъарахъ бижун букIун буго. Гьез тIоцере минаби рарал бакIаздай сит абуни кьуру бухIиналъ гъветI-хер букIун гьечIо.

Гьеле гьез хIалтIизаризе байбихьун буго гуржиязго гьарун тарал хур-ахал ва тIадеги жодоцагоги гьарун руго хурзал. Щибаб соналъ 5-10 цIараки Кудалисан рачIун МагIлир чIун руго. 50 гIагарун соназ магIлив хварав чи (гьодги бекун) чолаги къан вукъизе Кудалире рачунел рукIун руго. Щай гьел гьенире рачунел рукIарали 2 батIияб пикру буго: цо-цояз абула хвараз хадуб гьарулеб садакъа жодоего кьине гIоло, цо-цоязин абула жамагIат цо букIине ай кIудияб жамагIат букIине гIололъунилан. Гьеб кисеб битIараб бугешале лъазе захIмат буго, амма ракI чIараб буго хIалалъ Кудаливе восизавулев вукIин куделдерил жамагIаталъеги ракI чIараб буго.

Ахирги магIладерица инкар гьабун буго хварав Кудаливе ваччизе.

Теларилан Кудел риччаларилан магIлалги рагъцин ккун буго. Ахирги магIладерие бокьухъе тун буго.

БоцIуе базе бугеб рагIи-хер магIладерица цIунулеб букIун буготIахазда ва гьорохъ. Гьелдалъун гIемерал цIаял кколел рукIун руго. ХIукму гьабун буго “хъилаб” абулеб бакIалда цIунизе гьеб рагIи-хер. Гьеб букIун буго малиги чIван рахине кколеб бакIалда. Гьелдасан бачIарабилан абула росдада цIарги-МагIлиб абун. Гьеб цIар росдада рекIинеан Куделдерица магIладерида “ Кулал” абун абулеб букIун буго. Бекьулеб букIун буго ролъ, бугIа, гьохъ, луч ва гонег. Гьелъие нугIлъун руго гьаб сагIатги росдал къотIнахъ ругел лал тIамулел, гьоцIабаз рачунел рукIарал чIахIиял ганчIил махрабаз. ЦIоросаролъ ва багIаргьоло бекьизе ругьунлъаралдасан тIубанго культураби рекьи тIубанго рехун тун буго. Хьихьулеб букIун буго гIи, боцIи. ЦIакъго захIмат баччун гIезарун руго ахал. Бищунго кIвар кьун гIезабулеб букIун буго цIибил, хадубин абуни пурчIун бугел пихъал. ЛъикIго бижулеб букIун буго цIоросаролъ. Гьелдалъун магIладерида гьитIинаб чачан-инанги абулеб букIун буго. Бищунго магIладириеги магIлалги рокьулел чагIи рукIун руго хьергеб. Щаялего П. Каримовас чIунтараб росу хьергедерие кумекалъе СалтIа сверухълиялдаса гIадамал рачIанилан абураб бакIалда магIладерил цIар рехсон гьечIо. (Шамилил штабалда “ Церехун” газета 17 январь 1989 с.) гьеле гьенир унго-унго хьергебдерие хIалае ратарал ккола магIлал. Гьикъе хьергебдерил хутIаразда. Цоги мисал: хъахIазул аскар хьагабиреги кIанцIун бахъараб гIемераб бечелъи гьез цIунун букIун буго солдерил кьода жаниб. Гьезухъа гьеб бахъун буго магIладерица ва МагIлибеги баччун щибго течIого хьергебдерие нахъ бусинабун буго, I9I9аб сон 22 сентябрь. ГIадат букIун буго БецIкъварилъухъе нух къачIазе росаби рахъинарулеб. Хьергеб рачIине нух къачIазе рачIине ругеб цебехун къоялъ МагIлиб гIакIа ахIулеб букIун буго “ нухтIе хьергеб рачIине рагIула гьезие гьоболлъи гьабизе къачIай. Гьел пихъ кваназе ахазукье раче-ян. Гьедин абулебги букIун буго. Хьергеб МагIлиреги, магIлал хьаргабиреги гьоболлъухъ хьвадулел рукIун руго. Гьабулеб букIун буго квана-гьекъей хасго тIоритIулел руIкун руго спорталъулал къецал, гамачI рехи вагугар. Гьанже гьудуллъи киналго росабазул щулияб буго.

Шамил имам ккун хадуб, Жифрисалде аманатхIисабалда къадру къимат бугел магIарулазул чанго чи вачун вуго. Гьезда гьоркьов МагIлиса генху абурав чиги вукIун вуго. (Историялда хъван буго Инхо Хавала абурав чи абун). Гьеб тIехь МагIладерил росу бакьулъан буго чабхил кIкIал. Гьеб кIкIал букIун гьечIо. Гьенир букIун буго ахал ва хурзал. КIкIал бакьулъ букIана кIудияб цIулакьодул гъветI. Гьелда абулаан хIайидал икил гъветIабун. ГьедигIан кIудияб цIулакьодул гъветI кибниги бижун батиларин абуни гьереси ккеларо. Росого берцин гьабун букIараб гьеб бухIизе цIулал чIоло 1930 абулел соназ къотIун буго. Дарада рагIала букIараб кутакаб рохь къотIаралдасан дагь-дагь ккун ихал рачIун руго гьез бачун чабахги бачIун буго. Шамилил болъ гIезегIанго магIлал рукIун руго ахIул гохIда ккараб рагъулъ бахIарчиго вагъарав ХIажидада абулев чиясул гурони цар нахъе хутIун гьечIо ревалюция ккезегIан росулъ букIана 6 мажгит ва цо мадрасаги. Гьел къан рукIана 1930 аб соназ. БатIи-батIиял соназ хIеж борхизе Меккаялде ун вуго МагIлиса 35 гIанасев чи. Цояв нахъ вусун вачIунаго унтиги чIван хун вуго ва Стамбулалда гIагарлъухъ вукъун вуго. 1905 соналъ букIараб гIурусазулги япониялъулги рагъулъ гIахьаллъи гьабун буго лъабго чияс: Сайпулагьил ХIасаница, Гъамбулатил Хажил МухIамаца ва КъурахIмал Мусаца. Гьел гъая гьечIого нахъ русун руго. ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъ( МагIарулаз гьелда австриялъул рагъилан абулаан) магIладерил 14 чияс гIахьаллъи гьабун буго. Гьел рукIун руго Тунзиса МуртазагIали абулев царасул армиялъул афицер-камандирлъун вукIарав. Гьезул цо-цоял нахъ русун гбечIо. Рагъулъ бихьизабураб гьунаразе гIоло гьел рагъазулъ МагIлиса ХIажиясул ГIумар абулев МагIлисесе махул орден кьун буго. Рагъулъ ХIахI МухIамадил лъикIав гьалмагъ вукIун вуго МагIлиса Муртазал вас МухIамад. Ревалюциязул соназ цониги магIлисес гIолохъанаб советияб власталде данде бахъулеб букIараб цониги армиялда яги къукъаялда гьоркьоб гIахьаллъи гьабун буго. Гьединго цониги магIлиса чияс советияб власталде данде рагъизе гIадамалги ахIун гьезул къукъаги гIунцIун гьечIо.

МагIлиса: Гьимат, СагIадулагьил ГIумарва ва МухIамадов МухIамад (ГьитIинав МахIама) багIараб партизаналлъунги лъугьун ревалюциялъул тушманзабазде данде рагъулел рукIана. (Саветияб власталъул соназда тIоцебесев бегавуллъун Узунин МухIамад тIамун вукIун вуго).

МагIлиб школа рагьун буго I926 соналда. Гьелъул тIоцебесев зав. шлалъул ЧIохъа ГIошал МухIама вукIун вуго .МагIлиб колхоз гIуцIана I936 соналъ. МагIлиса тIоцеве партиялде лъугьарав чи ккола ХIасанов МухIамад(инукI). Гьев партиялде лъугьун вуго Махачкалаялда 1920 соналъ. МагIлиб тIоцебе партиелъул ячейка рагьун буго I925 соналъ МагIлиб тIоцебе комсомолазул ячейка рагьана 1926 соналъ. Гьезул тIоцебесев секретарь ГIамачов АбдурахIман вукIун вуго. Партиелъул ячейкаялъул тIоцебесев секретарьлъун Ругъжаса ГIисаев ГIабдула абулев чи вукIун вуго.

Советияб хIукуматалъул соназда 2 чIужу гIадан йикIана росдал советалъул председательлъун: ГIалибегова ПатIимат ва ГъазимухIамадова Марьян. Партиялъул мухъилъе лъугьарай тIоцебесей чIужугIадан ккола Юсупова ГIашура. ТIоцебе тIадегIанаб лъай босарав МагIлисев ккола МухIамадхIажиев МухIамад (ветврач). ТIоцебе тIадегIанаб лъай шварай МагIлисей ккола ХIасанова ПатIимат (учительница).

ВатIанияб рагъул соназда (1941-1945) гьеб рагъулъ гIахьаллъи гьабун буго 97 чияс гьезул 53 нахъ вусун гьечIо, нахъ русаразулги 54 хун гьабсагIат нахъе чIаго руго 9: Мусаев ХIосен, Дибиров Ш, ХIажиев М, ЦыхIилов ГI, ГIумаров А, СагIидов А, ГIалиев М, Асадулаев Бадрудин.

МагIлиса ГIабдулмаликица рехстаг бахъизе гьарулел рагъазулъ гIахьаллъи гьабун буго.Берлин бахъулаго рагъазулъ гIахьаллъи гьабун буго СагIидов ГIабдулмаликица. Рагъ байбихьаралдаса лъугIизегIан рагъулъги вукIун I945 соналъ 3 маялда Берлиналда чIван вуго эбел-инсул цо вукIарав вас МагIлиса МухIатIалил МухIама. Гьеб рагъулъ гIахьаллъарал магIладерил гIезегIаназе щун руго медалал. Кавказалде немцал рачIиндал гьезда данде рагъулел рагъухъабазе, окопал ва хандакъал рахъиялъулъ гIахьаллъи гьабун магIладерил нус-нус бихьиназ, руччабаз ва гIолилазги. Кавказ цIуниялъе гIоло медалал кьун руго 26 магIлисезе (за оборону Кавказа).

ВатIанияб рагъул соназда мисалияб хIалтIуе гIоло медалал кьун руго 75 чиясе.

За доблестный труд в Великой отечественной войне сов. союза (41-45).

Калхозалда мисалияб къагIидаялда хIалтIиялдалъун 1967 соналда “захIматалъул багIараб байрахъ орден” кьуна Шейхов ГIумарие.

МагIлий йиго лъабго бахIарчияй эбел: Исубил ГIалил ПатIимат, ГIабдулаева Хажа ва ГIабдулсамадил ГIалил Анисат.


МагІишат[хисизабизе | код хисизабизе]

Машгуьрал росулъасел[хисизабизе | код хисизабизе]

Росдал тарихиял бакІал[хисизабизе | код хисизабизе]

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "11. Численность населения России, федеральных округов, субъектов Российской Федерации, городских округов, муниципальных районов, городских и сельских поселений". Итоги Всероссийской переписи населения 2010. Том 1. Численность и размещение населения. Росстат. 2012. Архивация оригинал (2012-04-18). Халагьи 2012-04-16. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]



тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.