ЛӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар алфабет
ЧӀв
Фонетикаt͡ɬː
ЦӀарЛӀа
Расмияб вариант
А Б В Г Гъ Гь ГӀ
Д Е Ё Ж З И Й
К Къ Кь КӀ Л Лъ ЛӀ
М Н О П Р С Т
ТӀ У Ф Х Хъ Хь ХӀ
Ц ЦӀ Ч ЧӀ Ш Щ Ъ
Ы Ь Э Ю Я
Полиграфал1
Гъв Гьв Дв Жв Зв Кв Кк
Ккв Къв Кьв КӀкӀ КӀкӀв Лълъ Лълъв
ЛӀв Св Сс Тв    ТӀв Хв Хх
Ххв Хъв Хьв Цц ЦӀв ЦӀцӀ Чв
Чч ЧӀв ЧӀчӀ ЧӀчӀв Щв
ЦӀиял 2
Ць (Цьв) Чь (Чьв)
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел.
^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел.

ЛӀ, лӀкириллияб диграф, авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабулеб. Гьединго хӀалтӀизабула рочисезул, адигъ, кабардин, кӀкӀаралазул ва цӀунтӀисезул мацӀазул хъваялдаги,[1][2] балъхъадерил мацӀалъул транскрипциялдаги.[3]

Фонетика ва хӀалтӀизаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Щибаб позициялда ЛӀ диграфалъ бихьизабула гъугъаб алвеоларияб латералияб аффрикаталъул халалъараб вариант (фортис) — t͡ɬː.

Гьеб гьаракь хадусел бакӀазда дандчӀвалелъул, ЛӀ диграф хӀалтӀизабула:

  • РагӀабазул бакӀалъул хӀалатазул ункъабилеб сериялъул формалда, гьанирго рачӀуна топонималги: балалӀ, салулӀ, ГьоцӀалӀ, ГьидалӀ;
  • ЛӀар, лӀини, лӀутӀ рагӀабазулӀ, гьезул киналниги сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.
  • НилӀ цӀарубакӀалда ва гьелъул формабазда;
  • ГъорлӀ тӀадгаруда;
  • ЛӀугьине, билӀине, лӀутӀизе, борлӀизе, лӀвартӀизе рагӀабазулӀ, гьезул формабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ ва гьелго рагӀул кьалбал ругезулӀ.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

1952 соналъул декабралда Тарихалъулги, мацIалъулги адабияталъулги институталъул (АН СССР-алъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб ссесиялда хIукму гьабуна авар алипалде тIаде ЛI жубазе.[4] Амма гьабсагӀат бугеб орфографияб нормаялда рекъон, гьеб диграф хӀалтӀизабулеб гьечӀо, гьелъул бакӀалда буго Лъ яги Лълъ хӀалтӀизабулеб. Гьезул гьединаб хӀалтӀизаби буго мекъаб, щай гурелъул гьел ди- ва тетраграфаздалъун рихьизарулелɬ ва ɬː гьаракьал руго батӀиял, ва квал-квал кколеб буго рагӀи битӀун цӀалиялъе, хасго топонимал ругони.

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Гугъуэт Л. Т., Зэхъуэхъу Л. Хь. Адыгэбзэ (Еджэкӏэрэ тхэкӏэрэ зэрызрагъащӏэ тхылъ). — Налшык: «Эльбрус», 1984. — 160 с.
  2. М. Е. Алексеев. О некоторых аспектах создания алфавитов бесписьменных языков народов России // Res linguistica. — М.: Academia, 2000. — С. 248—259. — ISBN 5-87444-116-6.
  3. Алексеев М. Е., Азаев Х. Г. Ботлихско-русский словарь. — М.: Academia, 2019. — С. 21. — 560 с. — ISBN 978-5-87444-416-7.
  4. ХӀажилазул МухӀамад, Илясил Шигьабудин. Дагъистаналъул адабияталъулал мацӀазе нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмия сессия // Лингвистикалъул суалал. — 1953. — № 3. — С. 159–162. Error in Webarchive template: Empty url.