Как

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Къагьиралда: как бала
Мажгиталда джамагӀат-какак
Афгъанистаналда муджагьидал кшкаак бала

Как (гІар. صلاة‎‎‎)[1] - ккола Исламалъул кӀиабилеб рукну (как бай).

Шагьадат тӀубан хадуб Исламалъул кӀиабилеб рукну буго как бай. Как абула рагӀабаздасаги, гӀамалаздасаги данде гьабураб, нияталдалъун байбихьулеб, салам кьеялдалъун лъугӀулеб Аллагьасе гьабулеб хассаб гӀибадаталда.

Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурхӀаял, как баялдаги, жамагӀат гьабиялдаги тӀад чӀей буго киналниги лъикӀлъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат гӀемерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.

Аллагьасдаса хӀинкъи (такъва) щола гьел каказда тӀад чӀей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе чӀвала къабихӀал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.

Как балеб агьлу ругеб бакӀалдаса балагьал нахъе чӀвала, гьеб как тарал чагӀазде балагьал рещтӀулеб гӀадин. Дуца абуге диналъул вац дица как балеб бугин, цогидазул дица кӀвар гьабиларин абун. Нагагь балагь рештӀани гьеб лъикӀасдаги квешасдаги гӀамлъула. Гьелъие гӀиллаги буго - лъикӀал гӀадамаз амру-нагью гьабичӀого тей ва Аллагьасе гӀоло квешлъи гьабулел гӀадамал рикӀкӀад гьарунгутӀи.

Гьанибе щвезегӀан какилги какичуриялъулги хӀакъалъулъ рехсараб жо ккола фаризаяб, тӀадаб цонигияб камуни как бегьулареб. Гьезул цониги жоги камизабун бараб как цӀидасан базе кколеб. Гьаб фаризаяб жоги тун суннатаб жоялде ирга щоларо. Гьелдаса хадуб какилги какие чуриялъулги гӀемерал суннаталги руго, адабалги руго, жал камуни как бегьулеб, амма какил камилаб кириги щоларел, МухІаммад аварагасул шапагӀатги щолареб алжаналъул тӀадегӀанал даражабиги щоларел. Ай гьесие гьал жал щоларо гьел суннатал жалги камизарун как банани. Парз тӀубан хадуса гьел суннаталги лъазаризе ккола, сордо къоялда жанир ралел суннатал какалги лъазаризе ккола. ХӀузуралда хушугӀалда Аллагьги ракӀалде щун, цӀалулеб жоялъул магӀнаги бичӀун как бай, гьебги ккола какил рухӀ.

Какил бугеб кӀвар[хисизабизе | код хисизабизе]

Как ккола исламияб диналъул хӀуби, къиямасеб къоялъги Аллагьас тӀоцебе какалъул хӀакъалъулъ гьикъизе буго. Рукну-шартӀ тӀубан как барав чиясе Аллагьас алжан кьезе къотӀи гьабуна, бачӀев чиясе къотӀи гьабичӀо. Как тезе ихтияр гьечӀо гӀакълуги, рухӀги чорхолъ бугев цониги бусурманачиясе, цохӀо хӀайз-нифасалда ругел руччабазе хутӀун. Как тей цо-цо гӀалимзабаз чи чӀваялдасаги кӀудияб мунагь кколилан абулеб буго. Анкьго сон баралдаса нахъе лъималазда как малъизе тӀадаб буго. Камилго как барав чи, гьелъ квешал, мункарал, къабихӀал ишаздаса цӀунула. Как бегьизе ккани цӀунизе ккола какил шурутӀалги, арканалги. Цониги гьелъул шартӀ, яги рукну камунани как малъуларо, цӀидасан базеги, бецӀизеги ккола.

Какил шурутӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

Какил шурутӀал абула какилъе лъугьиналдего хӀадурунги рукӀине кколел, как лъугӀизегӀан даимлъизеги кколел ишазда. Гьелги щуго руго: ХӀадасалдаса рацӀцӀалъи, нажасалдаса рацӀцӀалъи, черх бахчи, какил гӀуж щвей, къиблаялде вуссин.

ТӀоцебесеб шартӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀоцебесеб шартӀ – хӀадасалдаса вацӀцӀалъи. ХӀадас кӀиго батӀияб буго: гьитӀинаб хӀадас – какие чури биххи, кӀудияб хӀадас черх чуризе тӀалъи. Каки чуриялъулги ва черх чуриялъулги гьединго руго шурутӀал Каки чури ва гьединго черх чури бегьизе ккани цӀунизе ккола гьеб кӀиялъулго шурутӀалги. Цониги гьезул шартӀ камунани гьел малъуларо.

Как баялъул къагӀида
Какикьжо
1. Бусурманав вукӀин. 2. БацӀцӀадаб лъим букӀин. 3. Чурулеб лагаялдаса (черхалдаса) лъим чвахи. 4. Чурулеб лягаялдаса (черхалдаса) тӀаде лъим биччалареб жо тӀаса инаби. 5. Каки чури (яги черх чури) тӀадаб букӀин лъай. 6. Каки чуриялъул (черх чуриялъул) тӀадал жал лъай. 7. ЧӀужугӀаданалъе – хӀайз-нифасалдаса яцӀцӀалъун йикӀин.

Каки чури биххула ункъо ж оялдалъун: цебесеб яги нахъисеб рахъалдаса (ай гӀавраталдаса) щиб бугониги къватӀибе бачӀиналдалъун (мани хутӀун), махӀрамиял гурел бихьиназулги руччабазулги гьоркьоб пардав гьечӀого тӀом цоцазде хъваялдалъун, макьица ккуни, гӀакълу тӀаса ани, квералъул жаниса рахъ гӀавраталда хъванани. Гьел гьитӀинал хӀадасаздаса рацӀцӀалъула каки чуриялдалъун. Каки чуриялъул анлъго фарз буго. Цониги камуни каки чури малъуларо.

1. Ният гьаби: «Дица ният гьабуна какие чуриялъул фаризаял жал тӀоритӀизе» – абун. Гьебги ракӀалъ гьабизе тӀадаб буго, мацӀалъ абизе суннатаб буго. Ният гьабиги гьумер чуризе байбихьиги цадахъ ккезабизе ккола. 2. Гьумер чури. 3. ГӀункӀрукьалгун цадахъ кӀиябго квер чури. 4. БетӀералда масхӀу гьаби. 5. ХӀатӀал чури хӀатӀихинкӀалгун цадахъ. 6. Рехсараб тартибалда гьаби.

Какие чури биххарав чиясе хӀарамлъула: Къуръаналда квер хъвай; гьеб кодоб боси (амма Къуръан рекӀехъе цӀализе хӀарамлъуларо); как бай; КагӀба рукъалда сверун тӀаваф гьаби.

Черх чуризе т Ӏалъула бихьиназдаги руччабаздаги мани бачӀани, жинсияб хурхен гьабуни, хвани. Гьединго чӀужугӀаданалда черх чуризе тӀалъула хӀайзнифасалдаса яцӀцӀалъун хадусаги, лъимер гьабун хадусаги.

КӀудияб хӀадасалдаса рацӀцӀалъула черх чуриялдалъун. Черх чуриялъул кӀиго фаризаяб жо буго: 1. Ният гьаби: «Дица ният гьабуна черх чуриялъул фарз тӀобитӀизе» – абун. Ният гьабиги черх чуризе байбихьиги цадахъ ккезабизе ккола. 2. Черхалъул рас, малъ, тӀом – кинабго бакӀалде лъимги щвезабун черх чуриги.

Мани бачӀун яги жинсияб хурхен гьабун черх чуризе тӀалъарав чиясда дж унуб абула. Джунубасе хӀарамлъула: Какие чури биххарав чиясе хӀарамлъулел жал; Къуръан цӀали (рекӀехъ бугониги); мажгиталъув чӀей.

ХӀайзалда яги нифасалда йигей чӀужугӀаданалъе хӀарамлъула джунубасе хӀарамлъулел щинал жалги ва гьединго кӀал кквейги, жинсияб хурхен гьабиги, цӀинуялдаса накабазде щвезегӀан черхалъул гьоркьоблъиялда росасда квер хъвазе тезеги, ва жинцаго гьесда черхалъул гьеб бакӀ хъвазабизеги тӀадаб черх чури гьабизегӀан. Амма хӀайз яги нифас къотӀаралдаса кӀал кквезе хӀарамлъуларо гьелъие черх чурун гьечӀониги[2].

КӀиабилеб шартӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Чачанав какги бан дугӀа гьабула

КӀиабилеб шартӀ – нажасалдаса рацӀцӀалъи буго. Как балев чиясул черхги ретӀелги как балеб бакӀги нажасаб жоялдаса бацӀцӀад букӀине ккола. Нажасаб жолъун рикӀкӀуна кинабго хвараб хӀайван, инсанги, ччугӀаги, гарцӀги хутун. Ва гьединго болъон, гьой, сундул бугониги кӀуш, гъиз, би, лагӀараб жо, хьверд, рецӀ, гӀаракъи. Нажасаб жоялдаса рацӀцӀалъи гьабула гьеб нажасаб жоялъул махӀ, кьер, тӀагӀам тӀаса унедухъ бацӀцӀадаб лъеца чурани. Какие чури, черх чури, нажаслъи тӀаса инаби кинабго бацӀцӀадаб лъеца гьабула, лъим щвечӀони таяммум гьабула.

Лъабабилеб шартӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъабабилеб шартӀ – черх бахчи. Бихьинчиясул какилъ цӀинуялдаги накабаздаги гьоркьоб бугеб бакӀ бахчун букӀине ккола, къула ворхулаго цӀинуялдаса гъоркьехун яги накабаздаса тӀадехун бихьинчисул черхалъул щибниги бакӀ загьирлъулеб бугони как малъуларо. ЧӀужугӀаданалъул гьумерги квералги тун хутӀараб кинабго бахчун букӀине ккола, чӀужугӀаданалъул цониги рас, керен, габур, махӀаби, квералъул сагӀат къалеб бакӀ бихьулеб хӀалалъ бараб как малъуларо.

Ункъабилеб шартӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Ункъабилеб шартӀ – къиблаялдехун вуссин буго. Как байбихьаралдаса лъугӀизегӀан къиблаядехун как балев чиясул керен буссун букӀине ккола. Къиблаги мажгитазде ун лъалел чагӀазда цӀехон лъазабизе ккола.

Щуабилеб шартӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Щуабилеб шартӀ – какил гӀуж щвей. Щибаб къойил щуцӀул как базе тӀалъула. Рогьалилги, къалъулги, бакъанилги, маркӀачӀулги, боголилги. ГӀуж щвелалде цо лахӀзаталъ цебе бухьаниги как малъуларо. ГӀуж борчӀани как бецӀизе ккола. Щибаб какил гӀужазул авалги ахирги букӀуна гьелги рузнамабаздаса лъазаризе кӀола.

Какал[хисизабизе | код хисизабизе]

Какил рукнаби[хисизабизе | код хисизабизе]

«Аллагьу акбар»

Какил рукнабилан абула гьелъул аслиял бутӀабазда, гьезул цониги камунани как малъуларо, гьелги анцӀила лъабго руго:

1. Ният гьаби: ният ракӀалъ гьабизе тӀадаб, кӀалалъ гьабизе суннатаб буго. Масала ракӀалъ къасд гьабила: «Дица ният гьабуна къалъул фаризаяб как базе» – абун. Ният гьабиги как бухьиналъул «Аллагьу акбаргун» цадахъ ккезабила.
2. Как бухьиналъул «Аллагьу акбар» аби. ЦӀараб цӀан, къараб къан хӀарф тӀаде цӀикӀкӀинабичӀого яги тӀаса камизабичӀого абизе ккола.
3. Фаризаяб какилъ вахъун чӀей, гьедин бажарулеб гьечӀони яги кутакалда захӀмалъулеб бугони къулун, гьединги бажаричӀони гӀодов чӀун, гьединги бажаричӀони вегунги бала. ГӀузру бугев чияс гӀалимчиясда яги имамасда гьикъизе ккола.
4. АлхӀам цӀали. ХӀарп камичӀого тӀаде цӀикӀкӀинабичӀого, хисизабичӀого, цӀараб къараб хӀарп камизабичӀого, битӀун хӀарпалги рахъун, лъалев чиясул кӀалдисаги босун лъазабизе ккола битӀун АлхӀам цӀализе.
5. РукугІ – (какил къули) кверазул хъатал наказде гӀунтӀуледухъ, цоги жоялъе гӀоло гуреб гӀицӀго какие гӀоло къулизе ккола, къулараб бакӀалда лахӀзаталъгӀаги чӀезеги ккола.
6. ИгӀтидаль – (рукугӀалдаса тӀаде ворхи) къулилелде цебеккун черх букӀараб хӀалалде щвезегӀан. Как гуреб жоялъе гӀоло ворхичӀого гӀицӀаб какие гӀоло ворхун, ворхун хадуса цо лахӀзаталъгӀаги чӀей.
7. КӀиябго сужда гьаби, пардав гьечӀого нодо гӀодобги лъун, кверал, накаби, хӀатӀил килщазул гъоркьияб рахъал гӀодобги лъун, нодоялъул дагьабгӀаги бакӀлъи гӀодоб ракьалде щвеледухъ, как тун батӀияб жоялъе гӀологи гуреб. РохокъотӀиялъул бакӀ кӀигъуждудаса борхун букӀунедухъ, суждаялде ун хадуса цо лахӀзаталъгӀаги гьенив чӀейгун цадахъ.
8. КӀиябго суждаялда гьоркьов гӀодов чӀей, мугъ битӀуледухъ, какие гӀоло гуреб цоги жоялъе гӀоло суждаялдаса ворхичӀого, гӀодов чӀараб бакӀалда лахӀзаталъниги чӀейгун цадахъ.
9. Ахирисеб АттахӀият цӀализе гӀодов чӀей, мугъ битӀуледухъ, суждаялдаса батӀияб жоялъе гӀоло ворхичӀого, ва фаризаяб АттахӀият цӀалун лъугӀизегӀан гӀодов чӀун вукӀингун цадахъ.
10. Ахирисеб ракагӀаталда фаризаяб къадар АттахӀиятуялъул цӀали, хӀарп камичӀого, хӀарп хисичӀого цӀараб цӀан къараб къан. АттахӀиятуги гьеб битӀун цӀалулев чиясул кӀалдиса босун лъазабизе ккола.
11. Ахирисеб АттахӀиятуялда хадуб аварагасде салават битӀи.
12. ЦоцӀул салам кьей: «Ассаламу гӀалайкум» – абун.
13. Тартиб цӀуни, цереккун рехсарал 12го рукнаби цебесеб цебе, хадусеб хадуб тартибалда тӀурай.

Как батӀул гьабулел пишаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Как батӀуллъула какил цере рехсарал цониги шартӀал яги рукнаби камуни; хӀацӀу гуреб батӀияб жо къулчӀани; Аллагь рехсей, Къуръан цӀали, дугӀа гьаби гуреб жоялдалъун кӀиго хӀарп загьирлъани, яги магӀна бугеб цо хӀарп загьирлъани; тӀатӀалаго лъабго кӀудияб багъари гьабуни (масала, лъабцӀул квер яги хӀетӀе багъаризабуни); какие чури биххани; гӀаврат загьирлъани; какил ният хисани яги гьелда шаклъи ккани; велъиялдалъун, гӀодиялдалъун яги угьдиялдалъун кӀиго хӀарп загьирлъани; къиблаялдехун мугъ сверани; купруялде ани.

Какда абулел рагӀаби[хисизабизе | код хисизабизе]

РагӀаби Таржама
* Аллáгьу Áкбар *Аллагь ТӀадегӀанав вуго
* АгӀузу биллягьи мина шшайтӀàни рраджѝм *Дица нагӀана батаяб шайтӀаналдаса Аллагьасда агӀузу гьабула
* СубхӀа́на рáббия ль-гӀаз̌ым *ВацӀадав вуго ХӀалкӀолев Аллагь
* СáмигӀа-ллáгьу лиман хӀáмидагь. Рáббанá ва лякяль-хӀáмд *Аллагьасе рагӀана Жиндие рецӀ гьабула рукӀарал. Нежер БетӀергьан, кинабго рецц дуе буго
* СубхӀа́на рáббияль-áгӀля *ВацӀадав вуго ТӀадегӀанав Аллагь
* Рáбби гъфѝрли БетӀергьан, дир мунагьал чуре
* Ассаляму гӀаляйкум ва рáхӀмату-ллáгь *Салам нужее ва Аллагьасул рахӀмат

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КъурамухӀаммад-хӀажи Рамазанов, ФАРЗ / ХӀакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечӀеб къадар, МахӀачхъала 2006 (хвараб регӀел)
  2. Салафу ссвалихlиназул нух кквезе бокьаразе сайгъат. Какил хиралъи ва гьеб тарасе бугеб хlинкъи