Рембрандт
Рембрандт Гьарменсон ван Рейн (нидерл. Rembrandt Harmenszoon van Rijn, абулеб куц: [ˈrɛmbrɑnt ˈɦɑrmə(n)ˌsoːɱ vɑn ˈrɛin] ( listen); 15 юл 1606 — 4 октобер 1669), яги гьединго Рембрандт гӀадинги лъалев — Гьолланд Меседилаб гӀасрудал суратчи, гравюрагьан ва вахъарухъан. Новаторияв ва хӀалтӀи гӀемерав мастер лъабго медиалда,[1] гьев гӀемерисеб рикӀкӀуна бищун кӀудияв визуал артистлъун гьунарлъиялъул тарихалда ва бищун кӀвар бугевлъун Гьолландиялъул гьунарлъиялъул тарихалда.[2] Рембрантица бахъана гӀаммаб къагӀидаялъ лъабнусиде гӀагарун шаклу, лъабнусго гравюра ва кӀиазарго сурат.
ГӀумру ва лъайщвей
[хисизабизе | код хисизабизе]Рембрандт Гьарменсон ва Рейн гьавуна 1606 соналъул 15 юлалъ Лейденалда, Гьолланд Республикаялда, гьанжесел Нидерландазда. Гьев вукӀана ичӀабилеб лъимер Гьармен Герритсон ва Рейние ва Нилтген Виллемсдохьтер ват Зуйтброкие гьавурав.[3] Гьесул хъизан букӀана гӀезегӀан ресалда бугеб; гьесул эмен вукӀана гьабигьан ва эбел йикӀана вежарухъанасул яс. Дин ккола Рембрандтил хӀалтӀабазул централияб тема, ва гьев гӀумру гьабун вукӀарав диналъ цӀураб периодалъ гьесул динияб гӀуиру гьабула интересаблъун. Гьесул эбел йикӀана католикай, эмен вукӀана гьолланд реформациялъул килисаялъул хадувчилъун. Гьесул хӀалтӀабалӀ гъваридаб христианияб божел загьирлъулеб букӀаниги, гьечӀо кинаб букӀаниги нугӀлъи Рембрандт цониги килисалъул формалияв хадувчилъун вукӀиналъе. Гьесул лъималазул щугоязе баптизация гьабуна гьолланд реформациялъулаб килисаялда, Амстердамалда: ункъгоял Ауд Керкалда (басрияб килиса) ва цояв, Тит, Зуйдеркеркалда (жанубияб килиса).[4]
Лъимерлъуда гьев хьвадулаан латин школалде. 13 сонил гӀужалда гьев цӀализе восана Лейденалъул университеталде, ва мехцоясул баяназда рекъон, гьесул кӀудияб цӀай букӀана сурат бахъиялде; кватӀичӀого гьев вахъана Лейденалъул тарихалъулав суратчи Якоб ван Сваненбургил цӀалдохъанлъун, ва гьевгун вукӀана лъабго соналъ.[5] Амстердамалда Питер Ластманида цеве къокъабго, амма кӀвар бугеб анлӀго моцӀил цӀалудаса хадуб Рембрандт чанго моцӀица вукӀана Якоб Пайнасихъ, цинги хадуб гьес рагьана жиндирго устархана; Симон ван Левеницани абулаан, Йорис ва Шутеница Рембрандтие Амстердамалда дарсал кьолаанилан.[5][6] Сурат бахъиялъул махщел борхизабиялъе Италиялде сапар бухьунел рукӀараж жиндир мехцоязде данде ккун, Рембрандт гӀумруялъго Гьолланд Республика тун къватӀиве инчӀо.[7][8]
Карйера
[хисизабизе | код хисизабизе]1624 яги 1625 соналъ Рембрандтица рагьана жиндирго студия Лейденалда, гьенивго хӀалтӀулев вукӀана гьесул гьул во коллега Жан Ливенс. 1627 соналъ Рембрандтица байбихьана цӀалдохъаби росизе, гьездаго гъорлӀе ккана 1628 соналъ Жеррит Довги.[9] 1629 соналъ Рембрандтиде тӀадеккана пачалихъчи Константин Гьюйгенс, жинца Рембрандтие Гьаагалъул махӀкаматалдаса кӀвар бугеб комиссионал тӀалаб гьарурав. Гьел хурхеназул хӀасилалда, принц Фредерик Гьендрикица 1646 соналъ-лъагӀан росулаан Рембрандтил суратал.[10]
Суратал
[хисизабизе | код хисизабизе]Авто-портретал
[хисизабизе | код хисизабизе]-
ГӀолохъанав Рембрандт (гӀ-ш. 1628) гьесие 22 сон бугеб гӀуж. Rijksmuseum
-
Авто-портрет (1630), Nationalmuseum, Стокгьолм
-
Авто-портерт къатӀипадул беретгун ва мантиягун (1634)
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Ралагье: Рембрандтил суратазул, гравюрабазул сияхӀ.
- ^ Gombrich, p. 420.
- ^ Bull, et al., p. 28.
- ^ "Doopregisters, Zoek" (in нидерландский). Stadsarchief.amsterdam.nl. 3 Април 2014. Щвей 7 Април 2014.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
ва|date=
(help)Халип:Dead link - ^ a b Rembrandt biography in De groote schouburgh der Nederlantsche konstschilders en schilderessen (1718) by Arnold Houbraken, courtesy of the Digital library for Dutch literature
- ^ Joris van Schooten as teacher of Rembrandt and Lievens Archived 2016-12-26 at the Wayback Machine in Simon van Leeuwen's Korte besgryving van het Lugdunum Batavorum nu Leyden, Leiden, 1672
- ^ Rembrandt biography Archived 2016-12-20 at the Wayback Machine, nationalgallery.org.uk
- ^ Erhardt, Michelle A., and Amy M. Morris. 2012. Mary Magdalene, Iconographic Studies from the Middle Ages to the Baroque Archived 2020-03-08 at the Wayback Machine. Boston : Brill. p. 252. ISBN 978-90-04-23195-5.
- ^ Slive has a comprehensive biography, pp. 55ff.
- ^ Slive, pp. 60, 65
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- A biography of the artist Rembrandt Harmensz. van Rijn from the National Gallery, London
- Works and literature on Rembrandt from Pubhist.com
- The Drawings of Rembrandt: a revision of Otto Benesch's catalogue raisonné by Martin Royalton-Kisch (in progress)
- Rembrandt's house in Amsterdam Site of the Rembrandt House Museum in Amsterdam, with images of many of his etchings
- Халип:Art UK bio
- ХӀалтӀаби: Рембрандт Интернет Архивалда
- Rembrandt van Rijn, General Resources
- The transparent connoisseur 3: the 30 million pound question by Gary Schwartz
- Рембрандт
- The Rembrandt Database research data on the paintings, including the full contents of the first volumes of A Corpus of Rembrandt Paintings by the Rembrandt Research Project
- Die Urkunden über Rembrandt by C. Hofstede de Groot (1906).