Перейти к содержанию

НакӀкӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Борнеоялда тӀад цӀадул накӀкӀал

НакӀкӀ — гӀисинал лъамаял къатӀрабаз, цӀорол кристаллаз ва цогидал бутӀабаз гӀуцӀараб бихьулеб масса, жиб планетабазул ва амосфералда гъорлӀ бессараб.[1] КъатӀрабазул ва кристаллазул гӀуцӀидулӀ букӀине бегьула лъим яги цогидал химикиял субстанциял. Ракьалда накӀкӀал лӀугьуна, щубил тӀанкӀиде цӀорон, гьава гӀуриялдалъун яги гьелъ гӀураб къадар раччлил (гӀемериселъ лъел хӀухьел) гъорлӀе босиялдалъун, цинги щубил тӀанкӀ сверухъ бугеб температураялде бахиндал.

НакӀкӀал рихьула Ракьалъул гьомосфераялда, гьелъ гъорлӀе рачуна гьединго тропосфера, стратосфера ва мезосфера. НакӀкӀазул гӀелму ккола нефология, гьебго буго метеорологиялъул накӀкӀазулаб физикалъул цо рахъ. Гомосфералъул жиде-жидер гъаталда ругел накӀкӀазе цӀар кьеялъул буго кӀиго къагӀида: латиналда ва гӀаммаб цӀаралда.

  1. ^ "Weather Terms". National Weather Service. Щвей 21 Юн 2013. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
Ингилисалда