Къадако
Внешний вид
Къада́ко (лат. Passer domesticus) — Passeridae хъизамул гӀалхулаб хӀинчӀ.
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Къада́ко [къадки́л, къу́дкул] абураб рагIи лIугьана къед абураб рагIудасан -ко-диминутивияб суффиксалъул квекудалъун. Унгоаварияб рагIи, инскавказияб уровеналда гIагарлъи гIунтIичIеб. Къарахъаб диалекталда мукракьаб сверелалда абула къада́лхIинчI, гIандалазулаб салтIисезул сверелалда – къада́кьхIинчI, анцухъазулаб тIомурияб сверелалда – къада́ли. ГьидалI абула къутIу́лхIинчI-инги, хIо гьеб рагIи загьирго къед абуралда хурхун гьечIо, букIине ккола къватI абуралда.