Азарсон
Азарсон, гьединго милле́ниум (латин mille, азарсго, ва annus, сон, лъагӀел абурал рагӀабаздаса) — азарго соналда яги анцӀго гӀасруялда бащадаб заман борциналъул цвел,[1], жинда цо-цо килоаннум (ka), ялъуни килолъагӀел (клъ) абулеб. ГӀемериселъ гьеб термин хӀалтӀизабула хасс гьабун азарого сон халалъи бугел периодазе, жал байбихьулел хал гьабулеб бугеб календаралъул рикӀкӀеналъул тӀанкӀалдаса (гӀемериселъ, "1" соналдаса) ва рикӀкӀине байбихьаралдаса хадуб азарго сон араб лъагӀалидасаги. Гьединго гьеб термин гӀахьалаб букӀине бегьула бокьараб къо-моцӀалдаса байбихьулеб бокьараб заманалъулаб интервалалъе, гьебго халалъи бугеб.
Грегорианияб календаралда
[хисизабизе | код хисизабизе]Грегорианияб календаралда рекъон, н. э. I век байбихьана 1 соналъул 1 январалда ва лӀугӀана 100 соналъул 31 декабралда. II гӀасру байбихьана 101 соналъ, III гӀасру — 201 ва гь. х. ГӀасруялъул ахирисеб сон байбихьула гьебго гӀасруялъул номералдаса (мисалалъе, 2000 сон буго XX гӀасруялъул ахирисеб сон). Гьеб гуребги, гьеб системаялда гьечӀо "нулияб гӀасру": н. э. щ. I гӀасруялдаса хадуб байбихьана н. э. I гӀасру.[2][3][4]
200 | 199 | ... | 102 | 101 | 100 | 99 | ... | 2 | 1 | 1 | 2 | ... | 99 | 100 | 101 | 102 | ... | 199 | 200 |
II гӀасру н. э. щ. | I гӀасру н. э. щ. | I гӀасру н. э. | II гӀасру н. э. | ||||||||||||||||
1-себ азарсон н. э. щ. | 1-себ азарсон н. э. |
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Millennium Archived 2016-09-13 at the Wayback Machine", Oxford Dictionaries (Oxford University Press, 2016).
- ^ ГОСТ ИСО 8601-2001 Представление дат и времени.
- ^ Халип:Книга:Календарь и хронология
- ^ "The 21st Century and the 3rd Millennium. When Did They Begin?" (in английский). U.S. Naval Observatory. 2017-10-13. Щвей 2017-10-13.