O Fortuna
"O Fortuna" ккола гьоркьохъгӀасрабазул латин голиардазулаб шигӀру, жибги Carmina Burana абун машгьураб коллекциялъул бутӀалъун бугеб ва XIII гӀасруялдаса цебе хъвараб. Гьеб буго Фортунаялдасан, грек ва рум мифологиялда рекъон жинца илагьзабазеги гӀадамазеги нухмалъулеб, къуркьи-гурхӀел гьечӀеб къисматалдасан гӀарзагъин.
1935–36 соназда, "O Fortuna" музикагъинабуна герман композитор Карл Орффица, жиндирго Carmina Burana кантатаялъул рагьулеб ва къалеб бутӀалъун кколеб "Fortuna Imperatrix Mundi"-ялъул цо бутӀа хӀисабалда. ТӀоцебесеб нухалъ гьеб лъуна Франкфурталъул операялъ 1937 соналъул 8 юналда. Гьеб рагьула хьадараб темпалда къалазул гьаракьгун ва хоргун, жиб хекко щурелалдехун унеб, бигьа гьабун къалазул ва къокъал чӀвабзазулги ссуразулги нотабазул цоккураб крескендоялде бахунеб, ахирисел халатал ва хӀал бугеб нотабазул цоялда максимумлъулел ва циндаго лӀугӀулел. Тон буго модалияб, ахирисеб ичӀго такталде щвезегӀан. Перформансалъ ккола кӀигоги бащадабги минуталдаса хадуб заман.
ШигӀруялъул Орффица гьабураб музикагъен буго асар бугеб ва хӀалӀтизабулеб буго гӀемерал цогидал хӀалтӀабазулӀ, гьеб ахӀула классикияб музикаялъул гӀеме-гӀемерал ансамбелазда ва популяриял артистаз. Гьеб рагӀизе бегьула гӀеме-гӀемерал филмазда ва телевизиониял рекламабазда, ва гьеб лӀугьана популярияб маданияталъул элементазул аслияздаса цояблъун, жинца драмаялъул ялъуни катастрофаялъул ситуциялъулаб рекӀел хӀал гьабулеб. "O Fortuna" бетӀерлъана Халкъияб Классикияб Харталъул (инг. "The People's Classical Chart") сияхӀалда 2009 соналъ, Цолъараб Къиралаталда ахирисеб 75 соналда жаниб бищун машгьураб классикияб музика хӀисабалда.[1]
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Бенедиктбоерналъул манускрипт
[хисизабизе | код хисизабизе]"O Fortuna" ккола гьоркьобгӀасрулъиялъул латин голиардикияб шигӀру XIII гӀасруялда хъвараб, жиндир авторлъиги лъалареб.[2] Гьеб буго къисматалъул илагьалдасан гӀарзагъин, Carmina Burana абун цӀар араб коллекциялъулӀ бугеб.
Орффил лъейи
[хисизабизе | код хисизабизе]Карл Орффица лъай-хъвай гьабуна коллекциягун 1934 соналъ ва хӀалтӀана либреттоялда латин ва грек мацӀазул энтузиаст Мишель Гьофмангун шигӀрабазул 24 тӀаса-бищизе ва гӀуцӀа-кӀутӀизе. Жиндирго Carmina Burana Орффица композинабуна, либреттоги хӀалтӀизабун, 1935–36 соназ. ТӀоцебесеб нухалъ гьеб лъуна Франкфурталъул операялда 1937 соналъул 8 юналъ. Кантата гӀуцӀун буго щуга къотӀелалъулӀ бугеб 25 хӀаракаталдаса, композиционияб аслуялда буго "O Fortuna", жиб тӀоцебесеб хӀаракатлъун баккулеб ва такрарлъулеб къоло щуабилелда, кӀиябго къотӀелалда тӀацӀар буго "Fortuna Imperatrix Mundi".
Текст
[хисизабизе | код хисизабизе]Harper's журналалда Скотт Гьортоница хъвана, шигӀруялъул тексталъ гъоркьмухъгъинабулеб бугил, гьеб хъвараб заманалда кигӀан дагьал гӀадамазда "жидерго къисматалда тӀад кинаб букӀаниги контрол ихӀсасунеб букӀараб", гьебго заманалда гьелъулӀ "рагӀулеб бугин гӀумруялде гӀишкъу, гьаб пакъираб инсанасулаб рукӀунлъиялъул кьолел гьуинал лахӀзатазул къимат гьабизе, гьездаса лазат босизе бугеб гъира" абун.[3]
O Fortuna |
О Фортуна, |
Музика
[хисизабизе | код хисизабизе]Орффил гъира базабун буго музика хъваялъе жибго шигӀруялъги, гьоркьобгӀасрулъиялъул Rota Fortunae яги Фортунал гьоко симболалъги, жиб Фортуна илагьалъ бокьухъе сверизабулеб, цоял гӀадамал гӀазаб чӀамизе тӀамун, цогидазе бечелъи батизабун. Rota Fortunae дандчӀвалеб буго шигӀрабазул мажмугӀалъул Codex Buranas абун лъалеб варианталда. Музыкалияб аккомпанемент такрарлъи релълъинабулеб буго гьокоялъул гириялда.[6][7]
"O Fortuna" байбихьула хьадараб темпалда къалазул гьаркьгун ва энергетикаб хоргун, жиб хекко щуриялде буссунеб, бигьа гьабун къалазул ва къокъал чӀвабзазул ва ссуразул нотабазул цоккураб крескендоялде бахунеб, ахирисел халатал ва хӀал бугеб нотабазул цоялда максимумлъулел ва циндаго лӀугӀулел. Дирижер Марин Олсопица хъван буго гьеб "байбихьулин кинабго къуваталдалъун ва бугеб хӀалалдалъун, хадуб лъалхъичӀого дагьлъулин ричӀчӀалъе бугеб цеккунлъазабияб такрарлъиялде, жиб кулминационияб лӀугӀелалде щолеб" абун.[8] Тон буго модалияб, ахирисеб ичӀго такталде щвезегӀан тоналияб центералда сверун бараб. КочӀол ахирисеб гьижа хисула тонлъиялдаги эмоционалияб сипаталда рекъон, D миноралдаса D мажоралде.[6]
Олсопица ааралъе сипат гьабулеб буго "спектакл" гӀадин, жинца киналго ихӀсасахде асар гьабулеб, мухӀканаб категоризациялъулъ ургъунгу гӀинги тӀамичӀого.[9] Дэвид Клемил рагӀабазда рекъон, "музикаялъ магӀна кьолеб буго Фортунал гьоко эхеде свериялъул, тексталъ — гӀодобе свериялъул".[6]
Ресепшен
[хисизабизе | код хисизабизе]Carmina Burana букӀана битӀ ккараблъун жиб тӀоцебесеб нухалъ Франкфурталъул операялда 1937 соналъ лъуралдаса нахъе, гьелъ квербакъи гьабуна Орффил карйера цебетӀеялъе, ва гьеб лӀугьина гьесул бищун цӀар араб хӀалтӀилъун.[10] "O Fortuna", цӀарккун абуни, лӀугьана популярияб музикаялда бищун лъалел комползицияздаса цояблъун. 2009 соналъ, гьелъ бетӀергъинабуна BBC-ялъул бищун машгьурал класскиял треказул сияхӀ, BBC Radio 2 каналалъул программинабиялъул бетӀерас гьелде абуна "даимаб музикалияб асар, жиб хӀалеб, лъолеб ва бокьулеб букӀин давамлъулеб бугеб 70-ялдаса цӀикӀкӀун соналъ, жиб хъваралдаса хадубги".[11] Нидерландазул радиоялъул документалияб филмалъ баян гьабулеб буго гьелъул хоразул, кӀудияб оркестразул комбинацияз, алатазул интересиял комбинацияздалъун, тӀубураб ритмалдалъун, ва гьединго гьеб кин ахӀулеб ва ракӀалда чӀолеб къагӀидаялдалъун.[12] Гьортоница абулеб буго гьеб бугин "бриллиянтаб хӀалтӀи", жиндир "батизе бегьулеб жо, цӀакъ машгьур гьабиялъ, къвагӀида хвезабураб", жиб хӀалтӀизабулеб "гӀемерисеб мелодия гӀадин, кинаб букӀаниги кӀвар бугеб къагӀидаялъ жиндирго кутакаб ругьелалдаса батӀа гьабун".[10]
Оксфордалъул музикаялъулаб ва рекламаялъулаб баянтӀехьалда Клемица гьоркь мухъ цӀалеб буго шигӀруялъул инсанасул къеркьей ва къисмат гӀадал темаби гӀемериселъ машгьураб хӀалтӀизабиялдаса ратӀа гьарун рукӀиналда. Мисаллъун гьес босун буго музика Applebee's-алъул рекламаялда хӀалтӀизаби, гьениб рагӀаби хисизарун руго цӀияб рекламаялъул акциялъе рекъон кколедухъ, гьебги аранжиналде мугъчӀвайги гьабун гӀицӀго гьелъул магӀна "эпопеялъул" халкъалде бичӀучӀухъе букӀиналъ ("эпикияб иш").[6] "O Fortuna-ялъул" рекламаялда ва популярияб маданияталъул цогидал формабазда хӀалтӀизаби, батизе бегьулеб жо, байбихьана 1981 соналъул Экскалибур фильмалъул тӀубан жиндилӀ тӀубан кечӀ хӀалтӀизабун бугб трейлер къватӀибе бачӀиналдаса.[6]
Хъваял
[хисизабизе | код хисизабизе]Хъвана | Дирижер | Оркестра | Хор | Заман | Релиз |
---|---|---|---|---|---|
25 октобер1991 | Халип:Ill | Il Novecento | Proms choir | 2:28 | Night Of The Proms, Vol. 6[13] |
28 октобер2009 | Trans-Siberian Orchestra | Trans-Siberian Orchestra choir | 2:44 | Night Castle, диск 2, трек12 | |
4 октобер2020 | Халип:Ill | Халип:Ill | 2:05 | France Musique[14] |
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Most played classical music of the past 75 years (28 December 2009).
- ^ Horton, Scott (2008-09-07). "O Fortuna!". Harper's (in английский). Щвей 2021-04-18.
- ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб:02
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ "Carmina Burana – O Fortuna", Classical Net. Accessed 30 July 2018
- ^ Мухъккун гьабураб таржама, авар мацӀалъул шигӀраби хъваялъул къанунги гьижабазул къадарги цӀунун гьабураб.
- ^ a b c d e Clem 2021.
- ^ Stein, Jack M. (Summer 1977). ""Carmina Burana" and Carl Orff". Monatshefte. 69 (2): 121–130. ISSN 0026-9271. JSTOR 30156812.
- ^ Alsop, Marin. Love, Lust and Drinking Stir 'Carmina', NPR Music (November 11, 2006).
- ^ The Lasting Appeal of Orff's 'Carmina Burana' (en), Weekend Edition Sunday, NPR (November 11, 2006).
- ^ a b Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб:03
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ O Fortuna is 'most listened to' (en-GB), BBC News (28 декембер 2009).
- ^ "The story of the Carmina Burana". Radio Netherlands Archives (in британский английский). 2004-12-19. Щвей 2021-04-18.
- ^ Халип:Muziekweb
- ^ "'O Fortuna' - Carmina Burana par le Choeur de Radio France". France Musique (in французский). 4 May 2020. 1:11–3:16.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help)
Иццал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Clem, David (2021). "Medievalism goes Commercial: The Epic as Register in Contemporary Media". Гъоркь: Deaville, James [at Wikidata]; Tan, Siu-Lan; Rodman, Ron (редл.). The Oxford Handbook of Music and Advertising. Oxford University Press. гьл. 488–504. ISBN 9780190691240. OCLC 1195817243.
ТӀадеги цӀалиялъе
[хисизабизе | код хисизабизе]- Hasenmiller, Alaina (11 April 2013). "Behind the Music (O Fortuna)". Phoenix Chorale. Music from the Silver Screen. Архивация оригинал (4 July 2022). Щвей 25 March 2022.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
,|date=
, ва|archive-date=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help) - Haug, Walter [in немецкий] (1995). "O Fortuna: Eine historisch-semantische Skizze zur Einführung". Гъоркь: Haug, Walter; Wachinger, Burghart [in немецкий] (редл.). Fortuna. Fortuna Vitrea (in немецкий). Том 15. Max Niemeyer. гьл. 1–22. doi:10.1515/9783110949414-002. ISBN 3-484-15515-9.
- Stevenson, Cait (31 July 2017). "O Fortuna: The story of one [of] the great poems (and songs) of the Middle Ages". The Medieval Magazine. Том 3, no. 13. medievalists.net.
{{cite magazine}}
: Check date values in:|date=
(help)
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Халип:Wikisourcelang-inline
- "O Fortuna", Дэвид Парлетил Carmina Burana-ялъул таржамаялда
- Страницы с ошибками в примечаниях
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 английский-мацӀаб ицц (en)
- Википедия:Мекъаб оформление гьарурал сноскабигун гьумерал
- CS1 британский английский-мацӀаб ицц (en-gb)
- CS1 errors: dates
- CS1 французский-мацӀаб ицц (fr)
- Гьумерs къокъаб хъвайгун
- Short description is different from Wikidata
- Макъалаби Латин-мацӀаб текстгун
- Articles with hatnote templates targeting a nonexistent page
- CS1 errors: invalid parameter value
- CS1 немецкий-мацӀаб ицц (de)
- Articles with VIAF identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Articles with MusicBrainz work identifiers
- Articles with WorldCat-VIAF identifiers
- ГьоркьохъгӀасрабазул латин поэзия
- Карл Орффил композициял
- 1937 соналъул композициял
- Хоралиял композициял
- D миноралда композициял
- Фортуна