Лъункари

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хъабан» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Лъункари

Лъунка́ри, яги хъаба́н (лат. Sus scrofa) — Suidae хъизаналъул кIудиккараб гӀалхул болъон.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъунка́ри [ʎ:unká-ri] лIугьине бегьула протокавказияб *ʎ_im-kV ( > *ʎ_winkV or *ʎ_inkwV) кьолбодасан, авараб лъинква́ [ʎ:inkʷá] «гIалхул цIе» рагIигогIадин. Гьаб реконструкциялда рекъон, цебе протоавараца «лъвинква» абулеб букIун буго.

Гьаздегъун бачине бегьула пинта́/гьинта́ абураб рагIиги, хIо гьеб протодаргиязул мацIалдаса бачIараб букIинеги бегьула: протокавказияб *ʎ_im-tV бугони, аваралда букIине кколаан «лъинта́-» кьибил. Гьединлъидал балагьизе ккола, кидинан дарги мацIазда гьел рагIаби абулали: гIахъушияб гьинта, кубачияб хьвинта. Гьел рачIун рукIине ккола протодаргияб *finta кьолбодасан, гьединлъидал аваралда pintá-ги бугеб (f > p). Гьанисаго букIине бегьула чIадаколояб бута́-ги «бел (антилопа)», амма гьеб протоцезияб *buʎ:a кьолбодасан бачIараблъун букIин цебечIараб буго.

Авараца лъункаруда цоги гIалхул болъонин абула, цинги хъаба́н. КIиабилеб рагIи ккола тюрказул, аваразухъе кватIун щвараб. Гьел тун батIияб гьанже гIурусалдаса бачIараб каба́нгицин хIалтIизабула (гIур. каба́н < тюрк.).

Диалектазда[хисизабизе | код хисизабизе]

Интересияб букIин буго Генуб сверелалда: гьениб, цоги-цоги рагIабаздагогIадин, къвакIаб -лълъ- > -лI-де сверула. Гьениб лIунка́ри абула, амма гьеб рагIиги кIоченел ругезда гьоркьобе уна: гьанже Генуб цIикIкIуниса гIурус мацIалдаса бачIараб каба́н, яги авараб гIалху́л болъо́н хIалтIизарула. Гьаб кьолболIан бачIараб букIине лIу́нкизе «хIункизе, хIункаризе; гьесдезе» абураб глаголги.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.