Платон
Платон | |
---|---|
грек: Πλάτων | |
Гьавидал цӀар | н.-грек Αριστοκλής |
Гьави |
428/427 or 424/423 BC Атенай, Грекия |
Хвей |
348/347 НЩ (гІ-ш. 80 сон) Атенай, Грекия |
Машгьурал хӀалтӀаби | |
Эра | НекӀсияб Грекиялъул философия |
Школа | Платонилаб Академия |
Машгьурал студентал | Аристотел |
Аслиял интересал | Эпистемология, Метафизика Политикияб философия |
Машгьурал идеяби | Нохъодул аллегория Кардиналиял лъикӀлъаби |
Жинца асар гьабурал | |
Медиафайлал Викигъамасалда | |
Асарал Викитекаялда |
Платон (грек: Πλάτων Plátōn; 428/427 яги 424/423 – 348/347 НЩ) — некӀсияв грек философ, жив Атеназда гьавурав НекӀсияб Грекиялъул классикияб периодалда. Атеназда Платоница кьучӀ лъуна Академиялъе, философияб схолалъе; ва гьениб гьес малъулаан философиял доктринаби, жал хадур платонизм хӀисабалда лӀугьарал. Платон абураб цӀар букӀана криптоним, жиб къокъцӀаралдаса бачӀараб — гьев кӀигъуждулӀа гӀебав вукӀиналъилан рикӀкӀуна. Синопалдаса Диогеница цитатулев Милеталдаса Александрида рекъон, гьесул цӀар букӀана Аристокл, Аристонил вас, Коллит демалдаса (Коллит букӀана Атеназул цо къаралъи).[1]
Платон вукӀана инноватор хъварал диалогазул ва философиялъул диалектикиял формабазул. Гьес рорхана проблемаби, жал хадур теоретикияб философиялъеги практикияб философиялъеги киналниги аслиял къарал лӀугьарал. Гьесул бищун кӀудияб нахъетел ккола Формабазул теория, жиндилӀ Платоница бихьизабун бугеб универсалиязул проблема тӀубай.
Жиндирго малъухъан Сократилаги, жиндирго цӀалдохъан Аристотелдаги цадахъ, Платон ккола философиялъул тарихалъул централияв фигуралъун.[a] Гьесул киналниги гӀадин мехцоял хӀалтӀабазде данде ккун, рикӀкӀуна, Платонил хӀалтӀаби рукӀахъе цӀунун хутӀанилан 2 400-ялдаса цӀикӀкӀун соналъ.[4] Гьезул популарлъи хисардулеблъун букӀун батаниги, Платонил асарал цӀалулаан ва лъазарулаан.[5] Неоплатонизмалдасан Платоница гьединго кӀудияб асар гьабуна хринстианияб ва исламияб философиялде (мисалалъе, Ал-Фарабидалъун). Гьанжесеб мехалда, Алфред Норт Вайтгьедица мащгьурго абухъе: "Европияб философияб традициялъул бищун цӀодоргояб гӀаммаб характеризация буго гьеб Платонихъе баянкьелазул серияздалъун гӀуцӀун букӀин."[6]
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]Платонил цебесеб гӀумруялъул ва лъайщвеялъул хӀакъалъулӀ лъалеб жо буго цӀакъ дагьаб. Гьев вукӀана аристократикияб ва ссий бугеб хъизаналдаса.[7] Платон гьавураб заман ва бакӀ мухӀканго лъалеб гьечӀо. НекӀсиял иццазда мугъчӀван, гьанжесел гӀалимзабаз рикӀкӀуна гьев Атеназда яги Айгиналда нилӀеде щвелалде 428[8] яги 423 соналъ гьавунилан.[9] Жиндирго хӀакъалъулӀ биографияб информация Платоница дагьаб кьолеб буго жиндирго хӀалтӀабалӀ, амма цӀикӀкӀаниселъ гьес мухӀканлъиялъул гӀураб даражаялде рехсолел руго жиндирго гӀагарлъи, гьездаго гъорлӀ кӀиявго вацги, Адемант ва Главкон, жал Сократгун бахӀс гьабулел ругел Республикаялда.[10] Гьел ва цогидал регӀелаз рес кьола нилӀее Платонил хъизаналъул гъветӀ букӀахъинабизе.[11] Рес буго, Платон сапаралъ Италиялде, Сицилиялде, Египеталде ва Киренаялде щвей,[12] кӀикъого сонил ригьда, Платоница кьучӀ лъуна философиялъул схолалъе, Академиялъе, Атенал шагьаралда, Гьекадем яги Академ рохьил рацӀцoалъуда букӀараб ракьул бутӀаялда,[13] хадуб жиндие грек митологиялъул Аттикияв гьерой Академил цӀар кьураб. Академия хӀалтӀулеб букӀана НЩ 84 соналъ гьеб Луций Корнелий Суллаца биххизабизегӀан. ГӀемерал философал цӀалана Академиялда, бищун цӀар аразул цояв вукӀана Аристотел.[14][15] Диоген Лаэртиясда рекъон, жиндир гӀумруялъул хадусеб заманалъ, Платон вукӀана гъорлӀелъун Сиракузал шагьаралъул политикаялде, гьениб хӀалбихьулеб букӀана Дионисий тиран хисиялъе[16] гьесул лъадул вац Сиракузаздаса Дионидалъун, жив Платоница жиндирго хадувчилъун вахъинавурав, амма хадув Платониде данде вахъарав. Дионисий хун хадув, Платонил Анкьабилеб къагъаталда рекъон, Дионица гьарана Платонид Сиракузазде нахъвуссаян II Дионисийил мугӀалимлъун вахъине; II Дионисица Платонил малълъ боснилан кколеб букӀана, амма ахир-къадги гьелъул мотив бичӀчӀарав гьес къватӀиве гъуна Дион ва Платонги хӀал гьабун ккуна. Платон ахирги Сиракузаздаса нахъе ана. БатӀи-батӀиял иццазда рехсон буго Платон хвей. Цояб гьисториялъ, жиб цо тӀутӀураб манускрипталде мугъчӀвараб,[17] абулеб буго Платон боснов хванилан, гӀолохъанай трак ясалъе гьесие флейтадул бакъан бачунаго.[18] Цогидаб традициялъ абулеб буго Платон бертадулаб квана-гьекъеялда хванилан. Гьеб бицен мугъчӀвараб буго Лаэрталдаса Диогенил лъабабилеб гӀасруялда вукӀарав Александриялдаса Гьермиппил биценалде гьабураб регӀелалде.[19] Тертуллианида рекъон, Платон хвана кьижаралъув.[19]
Баянкьелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "...философиялъул субъекталда, гӀемериселъ гьеб бичӀчӀухъе — этикиял, политикиял, метафизикиял ва эпистемологиял суалазул дурусаб ва систематикияб цӀех-рехел, хасаб методaлдалъун алатгъинабураб — абизе бегьула гьесул ургъунбахълъун."[2][3]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Plato Dialogues org Frequently asked Questions: Plato's real name
- ^ Kraut 2013
- ^ "Plato and Aristotle: How Do They Differ?". Britannica. "Платон (гӀ-ш. 428–гӀ-ш. 348 НЩ) ва Аристотел (384–322 НЩ) ккола гӀаммго рикӀкӀуна БакътӀерхьул философиялъул бищун кӀудиял фигурабилъун".
- ^ Cooper, John M.; Hutchinson, D.S., eds. (1997): "Introduction."
- ^ Cooper 1997, гь. vii.
- ^ Whitehead 1978, гь. 39.
- ^ Diogenes Laërtius, Life of Plato, III • Nails 2002, гь. 53 Wilamowitz-Moellendorff 2005, гь. 46
- ^ Wilamowitz-Moellendorff 2005, гь. 46.
- ^ Nails 2002, гь. 246.
- ^ Guthrie 1986, гь. 11.
- ^ Kahn 1996, гь. 186.
- ^ McEvoy 1984.
- ^ Cairns 1961, гь. xiii.
- ^ Dillon 2003, гьл. 1–3.
- ^ Press 2000, гь. 1.
- ^ Riginos 1976, гь. 73.
- ^ Riginos 1976, гь. 194.
- ^ Schall 1996.
- ^ a b Riginos 1976, гь. 195.
Цитатиял хӀалтӀаби
[хисизабизе | код хисизабизе]ТӀоцереял хӀалтӀаби (грек ва рум)
- Апулей, De Dogmate Platonis, I. Оригиналияб тексталъухъ ралагье Латин Библиотекалда.
- Аристофан, Кьужал. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program.
- Аристотел, Метафизика. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program.
- Цицерон, De Divinatione, I. Оригиналияб тексталъухъ ралагье Латин Библиотекалда.
- Laërtius, Diogenes (1925). . ЦӀарарал философазул гӀумруял. Том 1:3. Буссинаби: Hicks, Robert Drew (Two volume ред.). Loeb Classical Library.
- Платон. Jowett, Benjamin – via Wikisource. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program. . Буссинаби:
- Платон. Jowett Benjamin – via Wikisource. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program. . Буссинаби:
- Plato (1903). Parmenides. Буссинаби: Burnet, John. Oxford University. цӀидахъбасма: Crane, Gregory (ред.). "Perseus Digital Library Project".
- Plato. Jowett Benjamin – via Wikisource. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program. . Буссинаби:
- Plutarch (1683) [written in the late 1st century]. . Lives. Буссинаби: Dryden, John – via Wikisource. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program.
- Сенека ГьитӀинав. . Буссинаби: Richard Mott Gummere – via Wikisource. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Latin Library.
- Тукидид. . Буссинаби: Crawley, Richard – via Wikisource., V, VIII. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program.
- Ксенофон, Меморабилиа. Оригиналияб тексталъухъ ралагье: Perseus program.
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Онлайн цӀализе щолел хӀалтӀаби :
- Платон: хӀалтӀаби eBook формаялда — Standard Ebooks
- Платон: хӀалтӀаби Персей Проекталда – грек & ингилис гьиперлинкияб текст
- Асаразул автор: Платон Project Gutenberg-алда
- ХӀалтӀаби: Платон Интернет Архивалда
- Халип:Librivox author
- Философиялъул энциклопедия (инг.)
- Философиялъул Стенфордалъулаб Энциклопедия (инг.)
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- Harv and Sfn no-target errors
- Макъалаби Ancient Greek (to 1453)-мацӀаб текстгун
- Википедия:«Инфобокс» халипалда «гъоркьхъвай» параметр хӀалтӀизабулел халипал
- ГӀадамал алипалда рекъон
- Wikipedia articles incorporating the template Lives of the Eminent Philosophers
- Макъалаби Project Gutenberg регӀелалгун
- Интернет Архивалъул регӀелалгун макъалаби
- Articles with GND identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Articles with ISNI identifiers
- Articles with VIAF identifiers
- Articles with BIBSYS identifiers
- Articles with BNC identifiers
- Articles with BNE identifiers
- Articles with BNF identifiers
- Articles with CANTIC identifiers
- Articles with faulty ICCU identifiers
- Articles with LCCN identifiers
- Articles with LNB identifiers
- Articles with NCL identifiers
- Articles with NDL identifiers
- Articles with NKC identifiers
- Articles with NLA identifiers
- Articles with NLG identifiers
- Articles with NLI identifiers
- Articles with NLK identifiers
- Articles with NSK identifiers
- Articles with NTA identifiers
- Articles with PLWABN identifiers
- Articles with SELIBR identifiers
- Articles with VcBA identifiers
- Articles with ULAN identifiers
- Articles with CINII identifiers
- Articles with FAST identifiers
- Articles with MusicBrainz identifiers
- Articles with faulty RISM identifiers
- Articles with RERO identifiers
- Articles with SNAC-ID identifiers
- Articles with SUDOC identifiers
- Articles with TDVİA identifiers
- Articles with Trove identifiers
- Articles with WorldCat-VIAF identifiers
- AC with 34 elements
- Articles with multiple identifiers
- Платон
- Платонизм
- Н. щ. 420-абилел соназ гьарурал
- Н. щ. 340-абилел соназ хварал
- Н. щ. V гӀасрудал Грекиялдаса гӀадамал
- Н. щ. V гӀасрудал хъвадарухъаби
- Н. щ. IV гӀасрудал Грекиялдаса гӀадамал
- Н. щ. IV гӀасрудал философал
- Н. щ. IV гӀасрудал
- Академикиял философал
- НекӀсиял Атеназдаса философал
- НекӀсияб Грекиялъул эпистемологистал
- НекӀсияб Грекиялъул этикистал
- НекӀсияб Грекиялъул метафизикчагӀи
- НекӀсияб Грекиялъул политикиял философал
- Идеалистал
- Моралиял реалистал
- Онтологистал
- Рокьул философал
- Сократил цӀалдохъаби
- Рационалистал
- БакътӀерхьул цивилизациялда теористал
- Хвалил философал