МухӀамад АхӀмадов
| МухӀамад АхӀмадов | |
|---|---|
| Адабияб гьунар |
МухӀамад АхӀмадович АхӀмадов гьавуна Гъуниб районалъул Гьонода росулӀ 1955 соналъ 13 ноябралда. Дагъистаналъул халкъияв поэт.
1979 соналъ тӀокӀлъиялда лӀугӀизабуна Москваялъул М.Горькил цӀаралда бугеб Литературияб институт. Институт лӀугӀун хадув хӀалтӀана Хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул секретарьлъун, литературиял журналазул жавабияв секретарьлъун, аваразул хъвадарухъабазул секциялъул нухмалъулевлъун.
ГьабсагӀат хӀалтӀулев вуго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун.
МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул сопредседатель, Халкъалда гьоркьосеб Хъвадарухъабазул союзалъул исполкомалъул член.
ШагӀирас хъвана «Хасалихълъидул сагӀат», «Заманаялъул балладаби», «КучӀдул», «Шагьаралъул кучӀдул», «Сонал», «Жугьа», «Поэт», «ШагӀирги ватӀанги», «Балъголъидул сагӀат», «ХъахӀаб рас», «Какги кечӀги», «Рокьул апараг», «Классиказул цӀваби», «ГӀазу балеб буго» абурал тӀахьал. Гьел тӀахьал рахъана Москваялдаги, МахӀачхъалаялдаги, Волгоградалдаги.
МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул КӀудияб Литературияб премиялъул, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул, Халкъалда гьоркьосеб Расул ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб премиялъул лауреат. Адабият ва маданият цебетӀезабиялъулӀ лъураб кӀудияб бутӀаялъулӀ гьесие кьун руго М.Ю.Лермонтовасул, С.А.Пушкинил, М.А.Шолоховасул медалал.
МухӀамад АхӀмадовас авар мацӀалде руссинаруна А.С.Пушкинил, М.Ю. Лермонтовасул, С.Есенинил, А.Блокил, Н.Рубцовасул, Ю.Кузнецовасул, О.Чухонцевасул ва цогидалги гӀурусазул поэтазул асарал, шигӀрабазулги шагӀирзабазулги хӀакъалъулӀ хъвараб буго шагӀирасул гьаб цӀияб тӀехьги.