Къелеса ГӀали
Внешний вид
(«Къелеса ГIали» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Къеле́са ГIали́ (хв. 1690, ГьочотӀа) — гӀалимчи, жинца Дагъистаналда гӀелмияб лъай тӀибитӀизабиялъе кӀудияб кӀвар бахъарав. Гьесул хъварал руго логикадул, полемикадул, теологикияб философиядул хӀалтӀаби; гьединго эв ккола гӀемерал глоссабазул ва комментариязул авторлъун.
Гьев гьавураб заманалъул тарих мухIканго лъазе кIвечIо, хIисаб гьабураб мехалъ гьеб кколеб буго гьижрияб тарихалъул 11-абилеб гIасруялъул байбихьи. Гьев гьавун вуго Къелдерил жамгIияталде гъорлъе унеб Ругъелда росулъ. ГIалил ин- суда цIар букIун буго ХIусен. ЧIахIиязул биценалда рекъон, ГIали гьитIинав гIолохъанчи вукIаго, гIагараб росуги тун, ун вуго гIелму тIалаб гьабизе ва, Дагъистаналъул гIемер росабалъе щун, доб заманаялъ машгьурал гIалимзабазда цеве цIалун вуго.[1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2010-03-27. Щвей 2010-03-27.
{{cite web}}
: CS1 maint: archived copy as title (link)