Перейти к содержанию

Ал-Кариму

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ал-Карим» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Ал-Кариму (гIараб мацIалда الكريم). Ай, рецIел босизе кIолевги вукIун, тIаса лъугьун толев, жинца къотIи гьабураб мехалъ гьеб тIубазе гьабулев, жинца кьолеб жо цIикIкIине гьабулев, лъие ва кигIан кьураб абун гьелъул ургъелги жиндие гьечIев, хIажатаб жо жиндеги борхичIого цогияздаса тIалаб гьабуни (цогидасдаги тIубазе кIолинги абун), гьелдаги жив разилъуларев.

Жиндехун хъачIлъи хIалтIизе гьабуни, гIайиб чIван гурого, гьелда тIаде цIикIкIине гьабуларев. Гьаб кинабго жо жиндилъ данделъарав чи ккола мутIлакъав «Ал-Карим». Гьеб кинабго буго ТIадегIанав Аллагьасулъ. Лагъасеги рес буго жиндаго тIад хIалтIун гьал пишабаздалъун живго берцинлъизавизе, амма цо-цо умуразулъ ва хIалицаго гIадин. Гьединлъидал гьесиеги каримилан сипат гьабизе бегьула, амма гьев вукIуна мутIлакъав «Ал-Каримасде» дандеккун мукъсанавлъун. Гьедин лагъасе сипат гьабизе кин бегьулареб ссалат-салам лъеяв Аварагас абунги букIаго: «Нужеца цIолбол гъветIалда «Ал-Карамилан» абуге, «Ал-Карам» бусурманчи ккола», – ян. (Бухари, Муслим). ЦIолбол гъветIалда «Ал-Карамилан» абиялъе гIилла букIана гьеб хIеренаб, жиндир пихъ гьуинаб, бетIизеги кваназеги бигьаяб ва заз гьечIеб букIин. [1]

  1. ^ Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)