Халип:Портал:Дин/Нужеда лъалиш
- ЦӀияб Заветалда рекъон, Азиялъул шагьар Фиатираялдаса гамчӀал ричулей гӀаданалъ Европаялъул гӀадамазда гьоркьоса тӀоцебе босун буго насранияб дин.
- Словакия — Евроцолъиялъул цохӀого-цо пачалихъ буго жиндир ракьалда цӀогӀанги мажгит базе беччечӀеб.
- ЖугьутӀазул папзабаца некӀсияб тухумалъул наслабазухъан дозул тӀоцебе гьабураб лъимер бичун босула.
- Хабалазда сверухъ чамалиго шагьар букӀана гӀуцӀун хабалазе гӀибадат гьабулел "бусурбабаца".
- Дунялалда бищун гӀадамазда гьоркьоб билъанхъараб цӀар буго "МухӀаммад" (аварагасул ﷺ цӀар).
- Къуръаналда жаниб "бихьинчи" абураб рагӀиги "чӀужу-гӀадан" абураб рагӀиги кӀиябго 24 нухалъ рехсон буго.
- Диниял ягьудияз цӀакъ кӀвар кьола христианлъилъул ишараби, мисалалъе, хъанч (†), хӀалтӀизарунгӀутӀиялъе. Масала, цо-цо цӀалдохъабаца "+" лъоларо, гьелъул бакӀалда кӀалагъоркье сверараб "т" яги цогидаб жо лъола.
- Маккаялда бугеб ХӀарам мажгит ккола дунялалда бищунго кӀудияб мажгит: 89 м борхалъиялъул 9 минарет, 88,2 га ракьалъул.