Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гъугъаб увуларияб эйективияб аффрикат |
---|
|
Гьединго | q̇ |
---|
|
|
Интенсивияб гъугъаб увуларияб эйективияб аффрикат |
---|
|
Гьединго | q̇: |
---|
|
|
Увуларияб эйективияб аффрикат рагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨q͡χʼ⟩. Эб данчӀвала Кавказалъул цӀиккӀанисел мацӀазда, хасго дагъистаниял мацӀазул цо-цоязда, Хьондасеб Америкалъул мацӀазда, винту ва лиллуэт гӀадинал, Бакъдасеб Африкалъул мацӀазда, Гǀуи ва ǂʼамкое гӀадинал.
Авар мацӀалъул свералабаздаги данчӀвала эб гьаракь, хӀо стандарталда гьоркьосахъи гьечӀого хӀалтӀизабула интенсивияб увуларияб эйективияб аффрикат ⟨q͡χːʼ⟩.
Увуларияб эйективияб аффрикаталъул ружби:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул бакӀ буго увуларияб: бахъула мацӀалзул нахъисеб рахъ (дорсум) увулалда хъван.
- Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.
МацӀ
|
РагӀи
|
ИФА
|
МагӀна
|
Баянал
|
Лиллуэт
|
q̓əs
|
[q͡χʼəs]
|
'кӀургӀараб'
|
|
Гуржи[1]
|
ყოფა/q'opa
|
[q͡χʼɔpʰɑ]
|
'букӀин'
|
/qʼ/ гьаркьил аллофон, [qʼ], [ʔ], яги [χʼ] гьаркьалгун кьудаб вариациялда.[1]
|
|
---|
ИФАлъул темаби |
---|
ИФА | |
---|
Хасал темаби | |
---|
Кодификация | |
---|
|
|
|
---|
Пулмониял рагьукъал
|
Кваранидехун рихьизарурал гьаркьал руго зирарал, квегІидехун руго гъугъал. ЦІахІилалъ бихьизабун буго лӀугьине рес гьечІилан рикӀкӀунеб артикуляция.
| Пулмониял-гурел рагьукъал
|
|
|