Халип:Аннотация/Къуръан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Халип:Портал:Ислам/ТІасабищараб макъала» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Хъвай-хъвагӀай: "Къуръан Карим"
Хъвай-хъвагӀай: "Къуръан Карим"

Къуръа́н (гӀар. اَلْقُرآن‎‎ [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда (жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).

Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):
« ХIакълъунго, дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва дун вуго гьеб цIунулев »
Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб.